Медведев хисана Мишустиница

Россиялъул президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде хитIаб гьабун хадуб улкаялъул премьер-министр Дмитрий Медведевас лъазабуна Конституциялъул 117-абилеб статьяялда рекъон хIукумат гIодоб чIолеб бугин абун.

 

«Федералияб собраниялде хитIаб гьабулаго Владимир Путиница рорхана кIвар бугел суалал. Гьел киналго гIумруялде рахъинаризе ккани улкаялъул президентасе хIукуматалъ, ай нижеца нухал рагьизе ккола. Жакъа къоялдаса нахъе дун ва министрзабазул кабинет хIалтIудаса гIодор чIолел руго. Дунгун цадахъ хIалтIарал киназего баркалаги буго», — ян абуна Дмитрий Медведевас.

Премьер-министрасул хъулухъги тун щибха гьабизе бугеб Дмитрий Медведевас? Гьеб суалалда тIад живго премьерги, гьесул ургъел гьабулелги гIемер заманалъ ургъизе течIо Владимир Путиница. Гьес Медведевасда лъазабуна улкаялъул хIинкъи гьечIолъиялъул советалъул нухмалъулесул заместителасул бакI тIаса бищизе бегьулин. Амма цIияб хIукумат тасдикъ гьабизегIан министрзабазул кабинеталъ заманаялъ хIалтIи гьабизе кколинги тIаде жубана президентас.

Хадув президентас вихьизавуна Медведевасул бакIалде вачIине бегьулев кандидат. Гьев ккола федералияб налогазул хъулухъалъул нухмалъулев Михаил Мишустин.

Рехсараб идараялъе гьес нухмалъи гьабулеб буго 2010 соналдаса нахъе. Мишустин щвана президентасухъе, дандчIвана Пачалихъияб Думаялъул фракциязул нухмалъулелгун.

«Мишустин вуго тIадкъараб иш ракIбацIцIадго тIубазабулев, гIакълу камилав ва лъай бугев махщелчи. ГIицIго налогазул, финансазул гуребги, гьесда бичIчIула цогидаб бокьараб рахъги. ХIакъаб жо, гьесул нухмалъиялда гъоркь хIукуматалъги цебехун гали лъезе букIин», — ан абуна Пачалихъияб Думаялъул спикер Вячеслав Володиница.

Мишустин вачIиналдалъун хисизе рес буго хIукуматалъул социалиябгун экономикияб политика. 2019 сон щвезегIан гьелъ кIвар кьолеб букIана нахъраталил фондалде, ай хIалтIулеб букIана хIалкIун бюджеталъул гIарацги цIунун. ХIукуматалъул чIухIилъун букIана профициталда лъа-гIалилгун къо-лъикI гьаби.