ХIасилалги гьаруна, масъалабиги церелъуна

2019 соналъул ахирисеб данделъи тIобитIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъ. Гьеб нухда бачана гьелъул председатель Хизри ШихсагIидовас. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги, бакIалъулаб власталъул нухмалъулелги, жамгIиял идарабазулгун СМИязул вакилзабиги.
 
Данделъиялда гьоркьоб лъун букIана 18 суал. 
 
«2020 ва 2021, 2022 соназде ДРялъул республикаялъул бюджеталъул хIакъалъулъ» абураб суалалда тIасан пикраби загьир гьаруна ДРялъул Халкъияб Собраниялъул бюджеталъулгун финансазул ва налогазул комитеталъул председатель Сайпулагь ГIисакъовасги ДРялъул хIукуматалъул тIоцевесев вице-премьер ХIажимухIамад ХIусеновасги. Гьез бицана бюджеталда хиса-басиял гьаризе кколин абун хитIабал рачIанила Халкъияб Собраниялъул комитетазги депутатазги. Гьел хиса-басиялги хъинтIулила социалияб инфраструктурабазе гIарац кьеялда.
 
Гьел хитIабал ритIун рукIун руго ДРялъул хIукуматалдеги профилиял министерствабаздеги. Гьезул цо-цоял тасдикъ гьариялда бан, хисизаризе кколел руго бюджеталъул цо-цо статьябигиян абуна гьез.
 
Хиса-басиял тасдикъ гьаризе рес щвана налогазулги налогазул гуребги бюджеталъул бутIабазде тIаде бачIараб хайиралъинги бицана депутатаз. Хайиралъул бутIа цIикIкIана кIиго миллиардгун анлънусго миллион гъурущалъ ва гIаммаб къадаралда бахана 33 миллиардгун кIинусго миллион гъурщиде.
 
Гьелде тIадеги, хIисабалде босун буго федералиял бюджеталъул
кумекги – анкьго миллиардгун ичIнусго миллион гъурущ (гьебги цIикIкIана 10 миллиардгун щунусго млн гъурущалъ). ХIасил-калам, киналго бутIабиги данде кIутIун, бюджеталъул хайирияб бутIа бахана 138 миллиардгун щунусго миллион гъурущалде (байбихьуда бюджеталда хIисабалде босун букIана 125 миллиардгун лъабнусго миллион гъурущ).
 
ХIисаб гьабун буго харж гьабулеб бутIаялъулги. Гьелъие бихьизабун буго 138 миллиардгун щунусго миллион гъурущ (байбихьуда бюджеталда хIисабалде босун букIана 125 миллиардгун ичIнусго миллион гъурущ).
 
Рехсарал хиса-басиялгун бюджет тасдикъ гьабизе кколин абураб пикру загьир гьабуна данделъиялда лъабабго фракциялъул нухмалъулезги парламентариязги.
 
Сессиялда къабул гьабуна «ДРялъул ФОМСалъул 2020 ва 2021, 2022 соназде бюджеталъул хIакъалъулъ» абураб законги. 2020 соналда ФОМСалъул хайирияб бутIаялда бихьизабун буго 31 миллиардгун нусго миллион гъурущ. ГьедигIанасебго гIарац харж гьабизеги ккола гьеб идараялъ.
 
Депутатаз къабул гьабуна «ДРялда лъималазул ихтиярал цIунулев вакиласул хIакъалъулъ» абураб законги. Гьелда мухIкан гьабулеб буго ихтиярал цIунулев вакил вищиялъулги хъулухъалдаса нахъе витIиялъулги къагIида ва гьесда тIадал ишал.
 
2020 соналда гьабизе бугеб хIалтIул планалъул хIакъалъулъ сессиялда бицана Дагъистаналъул парламенталъул тIоцевесев вице-премьер СайгидахIмад АхIмадовас.
 
Хизри ШихсагIидовас гьаруна 2019 соналда гьабураб хIалтIул хIасилалги.
 
Сессиялъул ахиралда ДРялъул бетIер Владимир Васильевас къимат кьуна республкиаялда ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназе ва гьединго гьабураб хIалтIухъ баркала загьир гьабуна депутатазе.