ТишиликIалъги бихьизабула «гIамал»

Ахираб заманалда Дагъистаналъул ракьалда ругел гидротехникиял объектазул инвентаризация гьабун букIана. Гьелдаса хадуб халгьабуна гьел объектал хIалтIизариялъул бугеб ахIвал-хIалалъухъги. Рехсарал тадбиразул хIасилал гьаруна Владимир Васильевас тIобитIараб ДРя-лъул ХIинкъигьечIолъи цIуниялъул советалъул данделъиялда.
 
ГЭСазул халгьабиялъе гIилла ккана Иркутск областалда исана риидал ккарал пашманал лъугьа-бахъинал. Доб мехалда улкаялъул президент Владимир Путиница лъазабун букIана Россиялъул тIолалго ГЭСазул халгьабизе кколин абун.
 
Данделъи рагьулаго, Владимир Васильевас рехсана гьадинал хIужаби: «Дагъистаналда буго 75 гидротехникияб объект. Гьезда гьоркьоса, хIукуматалъул комиссиялъул пикруялда рекъон, хIинкъи бугеблъун рикIкIун буго 38-яб. 23 объекталда цIунулел гьечIо законалъул тIалабал: гIуцIун гьечIо гьел хIалтIизариялъул рахъалъ техникияб хъулухъ гьаби. Гьеле гьединал объектаз буго нижер рахIатхвезабун: хIинкъи буго гьениб тIасан борчIараб ахIвал-хIал ккеялъул. Гьел объектал хIалтIизарулел руго 25-ялдасаги цIикIкIун соналъ, амма цониги нухалда халгьабун гьечIо гьезул бугеб хIалалъухъ. Гьебго заманалда ихдал гIорал щвеялъул рахъалъ хIинкъи цIикIкIарал регионазда гьоркьоб ункъабилеб бакIалда буго Дагъистан.
 
ХIинкъи цIикIкIарал объектазда гьоркьоре уна ЧIикIаб ГЭСалъул хIорги ЧIикIаб хIорил ТишиликI сангарги. Гьеб сангар гьабсагIаталда буго «Дагводсервис» абураб идараялъул жавабчилъиялда гъоркь. КъваригIун буго рехсараб объекталда хIинкъигьечIолъи цIуниялъе тадбирал гьаризе», — ян абуна регионалъул нухмалъулес.
 
ЛъикIаб хIалалда гьечIо Бабаюрт, Дербент, Гъарабудагъкент, Буйнакск ва Хасавюрт районазда ругел лъел объекталги. Гьезул хIакъалъулъ бицана Ростехнадзоралъул Кавказалъулаб управлениялъул нухмалъулесул заместитель МухIамад АхIмадовас. Гьес абуна 2019 соналда 47 нухалда халгьабунин гидротехникиял объектазул ва гьезул хIасилалда тIатанин низам цIунунгутIиялъул аза-азар хIужаби.
 
М. АхIмадовасул баяналда рекъон, ТишиликI сангар баялъул аслияб мурад букIана Шура-Озен гIурул мухъ лъелъ гъанкъизе тунгутIи ва ТишиликI авлахъалда ругел росдал магIишаталъул ракьал лъалъай. ГьабсагIаталда «Ленгидропроект» АОялъ хIадурулеб буго ТишиликI сангаралъул лъим пайдаялъе хIалтIизабизе рес кьолеб проект.
 
Ростехнадзоралъул вакилас абуна Терек ва Сулахъ гIоразул рагIаллъабаздаги хIалтIи гIуцIун бугин абун. Май-июнь моцIазда хIинкъи букIуна Терек гIор рагIаллъабаздаса къватIибе кIанцIиялдалъун сверухъ ругел росаби гъанкъиялъул. Гьединабго хIинкъи букIуна Гъизилюрт районалъул Нечаевка росдаеги – Сулахъ гIор кIанцIиялъул рахъалъ.
 
Лъел балагьал ккезе рес буго «ДРялъул Минмелиоводхоз» абураб ФГБУялъул жавабчилъиялда гъоркь ругел объектаздаги. Кинабниги 33 объект буго гьединаб ва гьезда гьоркьоса 15 объекталъул гьечIо хIинкъигьечIолъиялъул декларация. Рехсараб идараялъул директор Залкип Къурбановас бицана, ахираб ункъо соналъ цониги хIужа ккечIин лъим кIанцIиялъул рахъалъилан.
 
ДРялъул тIабигIиял сурсатазулгун экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевасул пикруялда рекъон, ихдал лъим кIанцIиялъул рахъалъ бищунго хIинкъи цIикIкIараблъун ккола Терек гIор. «Терекалъул рагIаллъабазда 137 километралъул халалъиялда рарал сангаразул жаваб кьезе ккола республикаялъ. ГIурул тIину гъварид гьабиялъулги гьелъул чвахиялда хадуб халкквеялъулги жавабиял руго федералиял идараби. Ахирал соназда Терекалда гьабичIо кинабгIаги хIалтIи. 2002 соналда лъеда гъоркье ккана Бабаюрт ва Гъизляр районазул ракьал гьелъул зарал бахана кIигогун бащдаб млрд гъурщиде. 2005 соналда гьебго гIоралъ гьабураб зарал бахана 750 млн гъурщиде», — ян бицана министрас.