«ТIолабго Россия» — Сочиялда

КIвар кьуна миллиял басмабазде ва газетазде

 

«Дагъистан» басмаханаялъу­л нухмалъулев ГIумаргIусман ХIа­жие­васул

Араб анкьалда Сочиялда тIобитIана Россиялъул журналистазул «ТIолабго Россия-2019» абураб цIаралда гъоркь XXIII форум. Гьениб гIахьаллъи гьабуна 1300-ялдасаги цIикIкIун журналистас. Улкаялъул батIи-батIиял шагьараздаса, районаздаса рачIарал рагIул устарзабаз, гIемерал пикраби, суалал, хIалтIул цIиял къагIидаби дандрана, журналистазул лъикIаб хIалбихьиялъул пайдаял мисалазул бицана. Гьелде тIадеги, форумалда бицана жакъа миллиял мацIазда къватIире риччалел газетазул, журналазул хадубккунисеб къисматалъулги.
Журналистазда форум баркана Россиялъул президент В. Путиницаги. Гьес битIун бачIараб баркиялда хъвалеб буго гьединал дандчIваяз хъвадарулел чагIазул махщел ка­миллъиялъе ва гIунгутIаби тIа­гIинариялъе кумек гьабулин.
Форумалда гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналдаса 30-гIан журналистасги. Щибаб санайил тIобитIулеб форум гьеб бугелъул, исанаселда бицана Россиялъул Журналистазул союзалъ 100 сон, Дагъистаналъу­л Журналистазул союзалъ 60 сон тIубаялъулги.
Форумалда «Миллиял мацIал ва культура цIуниялъулъ миллиял газетазул ва журналазул кIвар» абураб суалалда тIасан «гургинаб стол» гIуцIана Дагъистаналъул вакилзабаз. Гьениб ракIунтараб хабар ккана жакъа рахьдал мацIазул бугеб ахIвал-хIалалда тIасан. Гьеб рахъалъ лъикIаб гуреб ахIвал-хIал буго гIицIго нилъер республикаялда гуребги, цогидал миллатазул гIумрудулъги. Гьединаб пикру загьир гьабуна гьенир гIахьаллъарал Адыгеялъул, Кабардино-Балкариялъул, Карачаево-Черкесиялъул, Туваялъул, Удмуртиялъул, Чачаназул, Чувашиялъул, Ханта-Мансиялъул, Якутиялъул ва цогидалги республикабазул журналистазги.
ДандчIваялда кIвар бугел лъугьа-бахъиналлъун ккана Дагъистаналъул машгьурав журналист ГIабдулхIамидов Аликберица авторазул макъалабазул къецалда тIоцебесеб бакI кквейги. Гьев нилъе­да лъала «Скорпион» операция гIодобчIвай» абураб 1999 соналда Дагъистаналъул халкъалъ Россиялъул аскаралгун цадахъ республикаялде террористал кIанцIидал, гьезде данде гьабураб рагъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалъул ва цогидалги кIвар бугел асаразул автор хIисабалда. Доб хIалуцараб заманалда Аликберица инкар гьабуна рагъулъ гьабураб гIахьаллъиялъе гIоло кьолеб букIараб орденалдаса ва Республикаялъул культураялъул мустахIикъав хIалтIухъан» абураб цIаралдаса.
Форумалъул гIахьалчагIи данд­чIва­на Россиялъул президентасул Администрациялъул жамгIиял проектазул управлениялъул нухмалъу­лев Сергей Новиковгунги. Гьениб хабар ккана газет-журналазул подписка гIодобе ккеялъул, гьебго заманалда гьел цIалулезухъе щвезаруралъухъ почалъ унеб гIарац цIикIкIиналъул, басмаялда рахъу­лел макъалабазда журналистаз хIуку­маталъул нухмалъулезде гьечIеб гIайиб гIунтIизабиялдалъун ккезе бегьулел хIасилазул, районазул газетазул къисматалъул. Хасго кIвар бугеблъун букIана къватIисел пачалихъазул жакъасел хъвадарухъабаз нилъер ватIаналъул тарих хисизаби мурадалда гьарулел ругел гьужумазул хIакъалъулъ гара-чIариги. Гьениб бихьизабуна гьаб заман бугин дунялалъул информациялъул алатазда киназго гьереси хъвалеб, тарих бокьухъе хисизабизе хIаракат ба­хъу­леб заман. Гьеб суалалда тIасан кIалъалаго, Пермь краялъул сенатор Алексей Пушковас абуна «Россиялъул цIияб гIел кватIичIого божизе бугила КIудияб ВатIанияб рагъда Россиялъ гуреб, Британиялъул кумекалдалъун Америкаялъ бергьенлъи босанилан абулеб гьересиялда».
Амма кин бугониги, дир хIисабалда, арал соназ тIоритIулел рукIарал дандчIваязде дандеккун гьаб форумалда цо ракIунтараб чIаголъи дагь букIана. Щибха лъалеб, гьаб заманалъул тIалабал гьединал ратизеги бегьула.
Форумалда цо къо букIана хасгьабун миллиял мацIазда рахъулел газетазе биччарабги. Гьениб Дагъис­таналъул, Туваялъул, Чачаназул, Ханта-Мансиялъул ва цогидалги республикабазул журналистаз загьир гьабуна гьел басмабазул бугеб хIакъикъияб ахIвал-хIал ва цоцазе кумек гьабизе бугеб хIадурлъи.
Форумалда Дагъистаналъул Жур­налистазул союзалъ хадубккун цадахъ рекъон хIалтIи гьабизе къо­тIи-къай гьабуна Абхазиялъул, Монголиялъул, Красноярскалъул Журналистазул союзазулгун. Гьелъ рес кьезе буго республикаялъу­л тарихги жакъасеб къоги гьезда лъикIго лъазабизе ва нилъехъе гьалбал цIикIкIун рачIине.
Зикрула Илясов