Шагьараздаса харбал

МахIачхъала

 

Гьал ахирал къояз социалиял гьиназдасан ахIи балеб буго тахшагьаралъул къватIазда цIарал хисулел ругилан. ЦIарал гьезда чанго соналъ цере хисун рукIана. Амма гьел цIаралги хъван, хъарщал чIван рукIинчIо. МахIачхъалаялъул цIияв мэрас лъазабуна цIарал хъварал хъарщал чIвазе кколин. ГIадамазда лъалеб букIун гьечIо жидерго къва­тIазда цIарал хисун рукIин. ГIемертIалаял минабазул номералгицин рихьизарун рукIун гьечIо. Гьеб хIалтIи къватIазда цIарал хисараб 2016 соналдаго гьабизе кколаанин абуна шагьаралъул ЖамгIияб палатаялъул председатель Салим ГIабдулкъадировас.
МахIачхъалаялъулазда лъазе ккола къватIазда цIарал хисиялда цадахъ хиса-басиял гьаризе кколеблъи минаялъул хъвай-хъвагIай гьабураб тIохьодаги (домовая книга), техникияб паспорталдаги (зеленкаялда). Гьел тIуранго хисизе кколаро. Гьелъул хIакъалъулъ цIех-рех гьабизе ккола шагьаралъул архитектураялъул управлениялда яги МФЦялда.

Гъизилюрт

Гъизилюрталда шагьаралъул бетIер Малик ПатахIовас тIобитIараб данделъиялда бицана школал цIияб цIалул соналде хIадурлъиялъул, шагьаралда республикаялъулаб «150 школа» проект гIумруялде бахъинабулеб бугеб куцалъул хIакъалъулъ. Гьеб проекталда рекъон, исана шагьаралда къачIана щуго школа. Шагьаралъул бетIерас кIудияб кIвар кьун бицана школазда цIаккеялдаса цIуниялъе гьарулел ругел хIалтIаби рагIалде рахъинаризе ккеялъул хIакъалъулъги. Дандеруссиналда кIалъарав лъайкьеялъул управлениялъул нухмалъулев ГIабдулкъадир МухIамадовас бицана шагьаралъул школал цIалул соналде хIадурлъиялъул, управлениялда ва школазда церечIарал масъалабазул ва цогидалъулги хIакъалъулъ.