ХIасилал ва масъалаби

Заманалъул тIалабазда рекъон

22 августалда Гьудуллъиялъул минаялда тIобитIана Августалъулаб данделъи

Учительзабазул данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги, ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовги, ДРялъул хIукуматалъул вице-премьер – ДРялъул лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министр Уммупазил ГIумароваги, РФялъул Лъайкьеялъул министерствоялъул департаменталъул директор Светлана Нуждинаги.
Данделъиялда аслияб кIалъай гьабуна Уммупазил ГIумаровалъ.

«Лъайкьей» — миллияб проект

Рехсараб проекталда гьоркьобе уна 10 федералияб проект. Дагъистаналда гIумруялде бахъинабулеб буго анкьго.
РФялъул Лъайкьеялъул министерствоялъ гIуцIарал къецаздаги гIахьаллъун, ДРялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъ республикаялде бачIинабуна 16 млрд гъурущ. Гьеб гIарцудаса 15 млрд 600 млн гъурущ биччан буго лъималазул ахал ва школал раялъе.
«Демография» абураб миллияб проекталда рекъон 2019-2021 соназда республикаялда рагьизе буго школалда цебесеб лъайкьеялъул 57 идара ва гьениб букIине буго лъабго сон бачIеб 9100 лъимадуе бакI. ХIадурун буго жеги 23127 лъимадуе бакI гьабизе рес кьолел тадбиразул планги.
Цересел соназда рагьана 108 лъималазул ах ва гьениве хьвадулеб буго 35000-ялдаса цIикIкIун лъимер. Иргаялда жеги хутIун буго 14362 лъимер. Гьелдаго цадахъ, 631 росулъ лъималазул ах гьечIолъиялда бан, бажарулебго гьечIо 200 азарго лъимер лъималазул ахикье иргаялда лъезе. Гьелъул хIасилалда квалквал кколеб буго рукIинесел цIалдохъабазе школалде рачунеб заманалде цогоял шартIал гIуцIун.
ЕГЭялъул ва ГИАялъул хIасилал

Цересел соназде дандеккун, 2019 соналда цIикIкIана, адабияталъул ЕГЭ хутIизегIан, цогидал экзаменазда щварал баллазул гьоркьохъеб къадар.
Киналго экзаменазда 80-ялдаса цIикIкIун балл щвана 2616 цIалдохъанасе, гIурус мацIалъул экзаменалда – 1748 чиясе ва математикаялъул профилияб экзаменалда – 103 цIалдохъанасе. 100 баллалде ЕГЭ кьуна 24 чияс.
Исана ГИА кьурал цIалдохъабазда гьоркьоса гIаммаб лъайкьеялъул аттестат гьечIого хутIана 825 выпускник. Гьезие рес кьолеб буго сентябралда цоги нухалда экзаменал кьезе. Нахъраталил къоялъ экзаменал кьун хадубги квешаб хIал хутIана ГIахъуша, Хьаргаби, Догъузпара, ЦIумада ва ЦIунтIа районазда: гьенир аттестат гьечIого хутIана 20 проценталдаса цIикIкIун выпускник.

Учительзаби гIолел гьечIо

Араб цIалул соналда Дагъистаналъул школазда гIолев вукIинчIо 400-ялдаса цIикIкIун учитель: ингилис мацIалъул – 113 школалда, математикаялъул – 40 школалда, гIурус мацIалъул – 27 школалда.
ХIалтIизе байбихьана «Росдал учитель» абураб программа. Исана гьелда рекъон росабазул школазда хIалтIизе ине вуго 50 гIолохъанав учитель. Гьезие кьезе буго миллион гъурущ ва гьел росдал школалда хIалтIизе ккола щуго соналъ.

Тарихазулаб лъайкьей

Дагъистаналда гIумруялде бахъинабулеб буго «Гьанжезаманалъул школа» абураб федералияб проект. Гьелда рекъон 42 муниципалияб гIуцIиялда рагьана Тарихазул ва гуманитарияб профилазул центр («Точка роста»). Гьенир хIалтIиялъул мурадалда федералиял программабазда рекъон цIализавизе вуго 882 педагог. Гьел куцазе руго гьанжезаманалъул тIадегIанаб техникагун хIалтIизе ва цIиял технологиязда рекъон лъималазе лъай кьезе.
Хисизаризе руго коррекциялъул школазул инфраструктураги цIалул къагIидабиги. Гьелъул мурадалда Дагъистаналъе щвезе буго 45 млн гъурщил федералияб кумек. Рехсараб тайпаялъул школазда хиса-басиял гьаризе руго 2020 соналдаса хадур.

Республикаялъулаб проект

«100 школа» абураб проекталда рекъон, гъоркьиса къачIана 117 школа. 2019 соналда гIумруялде бахъи­набулеб буго «150 школа» абураб проект ва къачIалеб буго 217 школа. Проекталъул аслияб шартI ккола бакIалъул бюджеталъулги спонсоразулги гIарац хIалтIизаби.
10214 цIалдохъанасе бакI бугеб 23 школа базе федералияб бюджеталдаса биччан букIана 10 млрд 1 млн гъурущ. Республикаялъулаб инвестициязул программаялда рекъонги базе буго 5151 цIалдохъанасе бакI бугеб 17 школаги кIиго спортзалги. Гьелдалъун рес щвела 18 школалъул 2400-ялдаса цIикIкIун цIалдохъан лъабго сменаялда цIализавиялъе ахир лъезе.

ЦIалул тIахьал

Федералиябги республикаялъулги бюджетаздасан гIарацги харж гьабун, босана 2 млн 240 азарго цIалул тIехь, гьезда гьоркьоб – миллиял мацIазда 156 азарго тIехьги (киналго тIахьазухъ кьун буго 828 млн гъурущ). ХIадурана ва басмаялде бахъана байбихьул школалъе анлъго миллияб мацIалъул цIалул тIехь.
Хасал тIахьаздалъун хьезаруна коррекциялъул школалги.
Данделъиялъул ахиралда республикаялъул лъайкьеялда лъикIаб хIасил бихьизабурал учительзабазе кьуна шапакъаталгун сайгъатал.
Кавсарат Сулейманова