ЦIодорлъи гьабе

КантIулел гьечIо

 

Жакъа къоялде щвезегIан гъанкъун вуго 22 чи

6 августалда Дагъистаналъул ХIуку­маталъул председатель Артем Здунов дандчIвана батIи-батIиял районазул ва исполнительниял органазул вакилзабигун. Гьоркьоб лъун букIана лъималазе лъадалъ кколеб бугеб заралалъул хIакъалъулъ суал. Гьелъие гIиллалъунги букIана жакъа къоялде щвезегIан лъелъ 22 чи гъанкъун вукIин, гьезда гьоркьоса — 11 лъимер. 

Артем Здуновас кIвар кьуна чвердеялъул заман жеги лъугIун гьечIолъиялде ва лъадалъ хIинкъигьечIолъи чIезабизе ккеялде.
— Гьеб суалалда тIад ургъизе ва цадахъ рекъон хIалтIи гьабизе ккола МЧСалъги, Лъайкьеялъул министерствоялъги, районазги, жамагIалъги,- ян абуна гьес.
Дандеруссиналъул гIахьалчагIаз би­­цана, кинаб хIалтIи гьабуниги, хIинкъигьечIолъи цIунун бажарулеб гьечIолъиялъул. Лъимал ва чIахIиял гъанкъулел руго ралъдахъги, хIорахъги, чвахелабаздаги, каналаздаги. Аслияб гIиллалъунги буго гьукъараб бакIалде чвердезе ин, гьенире лъимал жалго риччай. АскIор ругонигицин, эбел-эменги тохлъулел руго.
МЧСалъул министр Нариман Гъази­мухIамадовас бицана республикаялда гьеб рахъалъ гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIал бугин, хIалтIи кколеб даражаялда гIуцIун гьечIезда гъорлъ рехсана Гъарабудагъкент ва Бабаюрт районал. Гьесул рагIабазда рекъон, хIинкъигьечIолъиялъул хIалтIи хашго гIуцIун буго Казбек районалъул Сулахъ къварилъиялдаги. Гьенир гьечIо туристазе хIухьбахъиялъе чIезарурал санагIатал шартIал. ГIисинал гуми чIезе бакIгицин гьечIо гьениб.
Республикаялда хIисабалде босун буго кинабниги 105 пляж ва хIухьбахъулеб бакI. Халгьабиялъул хIасилазда рекъон, хIалтIизе изну кьуна гIицIго 12-ялъе.
ГIадамазда гьоркьор тIоритIулел руго бичIчIикьеялъулал хIалтIаби. «Лъедезе ругьун гьаре» абураб акциялда рекъон, ясли-ахазда ва хIухьбахъиялъул лагеразда кьун буго 99 дарс.
МахIачхъала, Каспийск, Избербаш ва Дербент шагьаразда тIоритIана «Лъелъ хIинкъигьечIолъиялъул къоял». Гьезда малъана лъедезе, гъанкъулел хвасар гьаризе, гьезие медицинаялъулаб кумек гьабизе. Пляжазда гьединго лъун руго хвасар гьариялъул посталги. Гьединго гIуцIун руго гIолилал гIадамал хвасар гьаризе цIализариялъул хасал курсалги, гьарун руго гьезулгун къотIи-къаялги.
Артем Здуновас республикая­лъул Туризмалъул министерство­ял­да тIадкъана лъадалъ хIинкъи­гье­чIо­лъиялъул рахъалъ хасаб программа хIа­дур гьабизе.