Хиса-баси

ДНЦялъул бакIалда – ДФИЦ

Дагъистаналъул гIелмияб централъул нухмалъулес бицана гIелмияб идараялда гьарурал хиса-басиязул хIакъалъулъ

ГIелмиял идарабазда реформа гьабизе байбихьана 2013 соналда. Гьебмехалда гIуцIун букIана ФАНО – гIелмиял идарабазул федералияб агентство. Гьелда гъорлъе рачана улкаялда ругел киналго гIелмиял институтал ва байбихьана гьезул цIигьариялги. Россиялъул гIелмиял идарабазда реформа гьабун рагIалде бахъинабуна 2018 соналда – Россиялъул ГIелмуялъул ва тIадегIанаб лъайкьеялъул министерство гIуцIараб мехалда. Рехсараб министерствоялъул нухмалъиялда гъоркье ккана улкаялъул гIелмиял академиялгун институталги.
ДНЦялда гьабураб реформаялъул хIакъалъулъ гьадин бицана Ахъай Муртазаевас: «Нилъер гIелмияб централъул 10 идара (ичIго институтги жибго центрги) рукIана лъидаго рачIел хасал юридикиял идарабилъун. 2018 соналда байбихьана гьел цолъизаризе. Щуабилеб июлалда хъвай-хъвагIай гьабуна нижер идараялъул цIияб уставалъулги. Гьанже гьелда цIар буго Россиялъул гIелмабазул академиялъул федералиял цIех-рехазул Дагъистаналъул центр. БукIана РАНалъул ДНЦ, гьанже букIине буго РАНалъул ДФИЦ», — ан.
ЦIех-рехазул цIияб централда гьоркьобе уна микьго институт – РАНалъул ДФИЦалъул хасал бутIаби хIисабалда.
Ахъай Муртазаевас бицана, улкаялъул регионалиял гIелмиял центразде дандеккун, Дагъистаналъул гIелмияб централъул хиса-басиял гьарулаго, цониги гIалимчи яги цогидав хIалтIухъан нахъе витIичIин абунги. «ЦIигьариязда бан, кьучIдасанго хисулел руго институталъул директорасдаги, гьесул заместителаздаги, бетIерал бухгалтераздаги, кадрабазул отделазул начальниказдаги тIадал ишал. Институтал махIрумлъана юридикияб статусалдасаги», — ан бицана ДФИЦалъул председателасул ишал тIуралес.
Хиса-басиял гьарулаго, гIалимзабазе щолел харжазеги къварилъи ккечIин бицана Ахъай Муртазаевас. РФялъул президентасул указалда рекъон, гIалимзабазул харжал рукIине ккола регионалъул экономикаялда ругел харжаздаса 200 проценталъ цIикIкIун. «Амма рехсараб указалда хIисабалде росун гьечIо гIелмиял гурел хIалтIухъаби. Масала, лабораториялъул заведующий абураб хъулухъалда хIалтIулев чиясул харж рехсараб къагIидаялда цIикIкIинабизе ихтияр гьечIо. Лабораторияги кумекалъулал цогидал хъулухъалги гьечIого, кин цебетIезабун бажарулеб гIелму? Гьеб рахъ берзукьа борчIун буго харжазул хIакъалъулъ документ хIадурулаго», — ян бицана А. Муртазаевас.
Централда церечIарал масъалабазулги гьенир хIадур гьарурал Дагъистаналъул экономикаялъе пайдаял цIех-рехазул хIакъалъулъги бицунаго, гьадин абуна гьес: «ЦIакъ пайдаяб, щивав дагъистаниясе кIвар бугеб цIех-рех ккола мугIрузул 39 районалда ругел иццазул лъел анализ гьаби. Гьениб бихьизабун буго инсанасул черхалъе зарал яги пайда гьабулел микроэлементазул къадарги. Масала, пуланаб районалда тIибитIун буго мукъур (зоб (щитовидная железаялъул) унти. Гьелъие гIиллаги ккола лъелъ йодалъул мукъсанлъи букIин. Руго иццал, жиделъ нитратал цIикIкIаралги. Гьезги зарал гьабула инсанасул сахлъиялъе. ГIалимзабаз хIадурун руго, заралиял лъинал ругел бакIаздасаго материалги хIалтIизабун, чорхое кколеб зарал гьукъулел фильтралги. Гьел хIасилал нижеца рихьизаруна СахлъицIуниялъул министерствоялдаги цогидал идарабаздаги. Амма гьезие асар гьабичIо гьелъ.
Республикаялъул экономикаялъе цIакъ пайдаяблъун ккола физиказул гIелмияб хIалтIиги. Гьез хIадурун буго хасаб тайпаялъул цIер. Гьеб гордазда лъуни, цониги минаялда лъезе ккеларо кондиционер – гьеб цIералъ къватIибе биччаларо хинлъиги. Буго нилъер цIорол завод. Сордо-къоялда жаниб гьениб хIадурула 600 тонна цIорол. Гьеб бичула Россиялъул регионаздеги къватIисел улкабаздеги. ГIалимзабазул цIигьариялдаса пайда босани, заводалъе щолеб хайир чанцIулго цIикIкIинаан. Амма, пайда щиб, нижер ахIиялъухъ гIинтIамулев чи гьечIо», — ян.
МагIарул районазда ругел иццазул халгьабулаго, гIалимзабазул цIех-рехазул ккарал хIасилал нижеца рахъизе руго «ХIакъикъаталъул» гьурмазда.
Кавсарат Сулейманова