ГIолилал хIадур руго

24 июлалда Дагъистаналъул вузазул выпускникалгун дандчIвана ДРялъул вице-премьер – ДРялъул лъайкьеялъул министр Уммупазил ГIумарова.

Гьенире ахIун рукIана учительзаби камун ругел школазул директоралги. ГIолилазе бицана «Земский учитель» абураб проекталъул хIакъалъулъ.
Уммупазил ГIумаровалъ бицана, 2020 соналдаса нахъе 200-ялдаса цIикIкIун чиясе рес щвезе бугин проекталда гIахьаллъизе. Исана гьединаб рес кьолеб буго 50 учителасеянги тIаде жубана министралъ.
ДГУялъулги ДГПУялъулги 12 выпускникас загьир гьабуна росдал школалда хIалтIизе ине гъира. Масала, ДГУялъул къватIисел улкабазул мацIазул факультет лъугIарай, МахIачхъалаялда гьаюрай ва гIурай Фатима Султановалъ абуна, жий ине йигин Хъумторхъала районалъул школалда хIалтIизе. ДГУялъул математикаялъул факультеталъул выпускник, Гумбет районалдаса МухIамад ХIажимурадов ине вуго Дербент районалъул школалде – математикаялъулги информатикаялъулги дарсал кьезе. «Дир гьеб хIукмуяялда рази руго эбел-эменги», — ян абуна гьес.
Табасаран районалъул бетIер МухIамад Къурбановас абуна, жидер районалдаги цIакъ хIажат ругин учительзаби ва живги хIадур вугин гьенире хIалтIизе рачIунезе бажарараб кумек-квербакъи гьабизеян абун.

Хадижат Шапиева