Миллионги кьела, рачIа хIалтIизе

ХIалтIизе байбихьана «Росдал (земский) учитель» абураб проект

ДРялъул Лъайкьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялда къабул гьарулел руго проекталда гIахьаллъизе гъирабарал учительзабазул хитIабал. Проекталъул аслияб мурад буго гIолохъанал учительзабазулъ гъирабазаби росабазул школазде хIалтIизе ине. Рехсараб проект гIумруялде бахъинабиялъул рахъалъ Дагъистан буго церехъабазул кьерда. ГьабсагIаталда республикаялъул росабазул школазе камун вуго 249 учитель.
Проекталда рекъон, росдал школалда хIалтIизе унев гIолохъанав учителасе кьезе буго цо миллион гъуруш. Гьеб гIарцухъ босизе (яги базе), яги къачIазе, ялъуни бегьула хIалтIизе тIасабищараб росулъ мина.
Исана 50 чиясул рес буго проекталда гIахьаллъизе. Росулъ хIалтIизе ине бегьула 50сонил ригьалде рахинчIел учительзаби. Гьел хIалтIизеги ккола тIасабищараб школалда щуго лъагIелалъ.
ГьабсагIаталда министерствоялъ хIадурулеб буго учительзаби хIажат ругел школазул сияхI. Росдал школалда хIалтIизе ине, ай проекталда гIахьаллъизе бокьарав учителас хитIаб гьабизе ккола министерствоялъул электронияб адресалде: uoo@dagminobr.ru. Кагътида бихьизабизе ккола фамилия, цIар ва инсул цIар, хIалтIулеб бакI, лъайкьей ва гIумру гьабулеб бакI. Суалалгун кIалъазе бегьула гьаб телефоналде: 8 (8722) 67-84-71.

Хадижат Шапиева