Бергьенлъи

Дагъистанияз чIел босана

 

Менталияб арифметикаялъул чемпионал

26 июналда «Дагправда» газеталъул редакциялда журналистал дандчIвана менталияб арифметикаялъул рахъалъ дунялалъул кIицIул чемпион, 12 сон барав МухIамад Къагьировгун.
22-23 июналда Турциялъул Анталья шагьаралда тIобитIараб менталияб арифметикаялъул рахъалъ тIолгодунялалъулго олимпиадаялда суперчемпионлъун вахъана МухIамад. Гьел къецазда гIахьаллъана 16 улкаялдаса 600 лъимер. Гъоркьиса декабрь моцIалда Малайзиялда тIоритIарал тIолгодунялалъулго къецаздаги гьес, 80 батIияб улкаялдаса 15000 гIахьалчиясда гьоркьоб, тIоцебесеб бакI ккун букIана.
Менталияб арифметика ккола лъималазул гIакълу ва ракIалда чIей куцалеб программа. РакIалдаса математикаялъул захIматал мисалал гьаризе ругьун гьарула менталияб арифметикаялъ.
МухIамад менталияб арифметикаялде ругьун гьарулеб хасаб школалде хьвадулев вуго 10 сон баралдаса нахъе. Школалдаги лъикIал къиматазда цIалула гьев. ГьитIинго гьес байбихьана Къуръан цIализеги. Щивлъун вахъине анищ бугебин цIехедал, МухIамадица бицана улкаялъул президентлъун вахъине бокьун бугин. Гьев аваданав ва цIодорав васас бицана олимпиадаялде хIадурлъи гьабураб къагIидаялъулги ва менталияб арифметика интересаб пиша букIиналъулги.
Къагьиров цIалулев вуго МахIачхъалаялда бугеб Universal Skills (Юниверсал скилс) абураб хасаб школалда, гьединаб школаги республикаялда чанго буго. Дагъистаналдаса нус-нус лъимал машгъуллъун ругин менталияб арифметикаялдеян бицана гьес.
Риидалил каникулазул заманалдаги менталияб арифметика рехун тезе ракIалда гьечIо МухIамадида, ва хIухьбахъиялдаго цадахъ гьес хIадурлъи гьабулеб буго июль моцIалда Камбоджаялда тIоритIизесел къецазда гIа­хьаллъизе.
Турциялда тIобитIараб чемпионаталда дагъистанияз бихьизабуна нилъ киналго чIухIизе бегьулел лъикIал хIасилал. Северияб Кавказалдасаго гьениб гIахьаллъана 50 лъимер, гьезда гьоркьов вукIана 17 дагъистаниявги.
«WAMAS-2019» тIолгодунялалъулго олимпиадаялда Дагъистаналдаса киналниги цIалдохъабаз бергьенлъаби росана. МухIамад Къагьировасего гIадин, батIи-батIиял категориязда суперчемпионазул цIарал щвана жеги лъабго дагъистаниясе. Щуго цIалдохъанас тIоцересел бакIал ккуна, хутIарал микьгоязейин абуни кIиабилел ва лъабабилел бакIал щвана.
Менталияб арифметикаялъул къецазда суперчемпионаллъун рахъарал МахIачхъалаялдаса МухIамад Къагьиров, ПатIимат Юсупова, Загьидат Чамсулвараева ва Лаваша районалъул гимназиялъул цIалдохъан ШугIайна МухIамадова гьоболлъухъ ахIун рукIана ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председатель Хизри ШихсагIидовасги.
ДРялъул Халкъияб Собраниялъул председателас гьезие кьуна Баркалаялъул кагъталги «Айфон» тайпаялъул телефоналги.
ПатIимат
СултIанмухIамадова