Сахаватлъи бихьизабуна

21 маялда тахшагьаралъул кIудияб мажгиталда тIобитIана республикаялъулаб ифтар

 

Гьелда гIахьаллъана ДРя­лъул бетIер Владимир Васильевги.
«Дагъистаналде вачIиндал дида бихьана хIукуматалъул минаялда хьолбохъ бугеб мажгиталъул къадада хъварал гьадинал рагIаби: «ГIадамазе гIемераб лъикIлъи гьабурав чиясе щола Аллагьасул рахIмуги», — ян. Жакъа тIо­лабго Дагъистаналда рагьун руго «Рамазаналъул ча­дирал». Гьенир ракIарула цоцазе чед бащад гьабулел гIадамал. Гьединаб лъикIаб иш гьабиялъул кIудияб кIвар буго», — ян бицана респуб­ликаялъул бетIерас. Гьес ра­кIал­дещвезаруна халкъазда гьор­кьосел террористазулгун ккарал рагъулал лъугьа-бахъиналги. «Доб заманалда Дагъистаналъул халкъ данде бахъана хъачагъазул къокъабазде. Гьелго соназда ДРялъул муфтияталъе ккана камиял – диналъул бацIцIалъи цIунулел хIаракатчагIи къурбанлъана гьеб балъгояб рагъда. Амма гьезухъа бажарана халкъалъе битIараб тарбия кьун ва гьединлъидал динги ватIанги хириял дагъистанияз нух къана террористазе. Гьеб хIалтIухъ кIудияб баркала буго нужее», — ян абуна В. Васильевас.
Хасаб кIваркьуна гьес ДРя­лъул муфти, шайих АхIмад-хIа­жи ГIабдулаевасул хIа­ра­кат­чи­лъиялдеги. «РакI­ба­цIцIадал, ришватчилъиялде дандечIарал, за­гIипазда гур­хIулел рухIиял це­­ре­хъа­ба­зулгун цадахъаб хIал­­тIи гIу­цIизе бигьалъула. Ни­­лъеда це­речIун руго респуб­лика це­бетIезабиялъул ра­хъалъ гIе­мерал масъалаби. Гьел тIуразарун нилъехъа бажарила, цадахъ рекъон хIалтIани. Баркала буго, цогидал диназул вакилзабигун цокIалго хIалтIулеб бусурбабазул умматалъе», — ян бицана ДРялъу­л бетIерас.
КIудияб мажгиталда гIуцIараб ифтаралде рачIарал дагъистаниязе вагIза-насихIат гьабуна муфтиясги. «Инсан» абураб рахI­муялъул фондалъул рахъал­да­са баркалаялъул кагъатги кьу­на гьес Васильевасе – «Рама­заналъул чадир» абураб акция тIобитIулаго, щуазарго бу­сурман­чи кваназавизе рес кьолеб гIарцул кумек гьабуралъухъ.