Хвел гьечIеб полк

Ирсилазул парад

 

ВатIаналъе рухI кьуразул адаб гьабизе ккола кидаго

Гьал къоязда «Дагъистан» РИАялда тIобитIараб данделъиялда бица­на республикаялда «Хвел гьечIеб полк» абун цIар лъураб тадбир гIуцIия­лъул хIакъалъулъ. Россиялъул «Хвел гьечIеб полкалъул» ДРялда бугеб исполкомалъул нухмалъулей Сабина Къурбановалъ ва жамгIияб гIуцIиялъул регионалияб штабалъул вакил Сефижат МухIамадрасуловалъ бицана улкаялдаго «Хвел гьечIеб полк» гIуцIиялъул ва гьеб жамгIияб багъа-бачарилъун лъугьиналъул хIакъалъулъ.
Дагъистаналда «Бергьенлъиялъул ирсилазул парад» тIобитIизе байбихьана 2013 соналдаса нахъе. Гьенир аслияб къагIидаялъ гIахьаллъулаан цIалдохъабигун студентал. Хадуб тIобитIизе байбихьараб «Хвел гьечIеб полкалъулъ» тадбиралда щибаб соналъ цохIо МахIачхъалаялда гIахьаллъула 16 000 чи, тIолабго республикаялдайин абуни, гIахьалчагIазул къадар бахуна 30 000-ялде.
«КIудияб ВатIанияб рагъул хIакъалъулъ нилъеда жеги гIемераб жо лъаларо. Амма лъала балугълъиялде рахинчIел гIолилазцин, жидеего бокьун, гьелда гIахьаллъи гьабураблъи. Гьединал бахIарзазул хIакъалъулъ бицинеги ккола нилъеца ва адаб гьабизеги тIадаб буго», — ян бицана Сабина Къурбановалъ.
«Хвел гьечIеб полкалъул» исанасеб тадбиралда гIахьаллъизе вуго 2500 цIалдохъанги, гьединго тIоцебесеб нухалда гIахьаллъизе вуго 30 волонтер-медикги. Нагагь щиб кканиги, гьезухъ рукIине руго тIоцебесеб кумекалъе хIажатабщинаб жаниб лъурал санитариял сумкаби.
«Хвел гьечIеб полкалъул» тадбир байбихьизе буго сагIат 12 тIубайдал ва Ленинил цIаралда бугеб майданалдасан ине руго Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб къватIккун, Авартеатралде цере щвезегIан. Гьениб сагIат лъабгоялда бихьизабизе буго концертги. Гьебго заманалда концерт букIине буго Даггосфилармония­лъул риидалилаб майданалдаги.
ПатIимат СултIанмухIамадова