Метер магIарул мацI…

ТIарамагъадисеб ракьги ярагъги

25 апрелалда Гъизляр районалъул Краснооктябрьское росулъ тIобитIана МагIарул мацIалъул фестиваль

Гьелда гIахьаллъизе рачIун рукIана Гъизляр районалъул нухмалъулел идарабазда хIалтIулел магIарулалги, росабазул школазул цIалдохъабигун учительзабиги, республикаялъул СМИязул журналисталги, ДНЦялъул ИЯЛИялъул гIалимзабиги. Тадбир нухда бачана Красный Восход росдал школалъул рахьдал мацIалъул учительница Халисат ГIалиевалъги ДРялъул мустахIикъав артист Къурбан КIулизановасги.

Краснооктябрьское росулъ букIа­раб тадбиралъул гIахьалчагIаз абулеб букIана гьадин: магIарул мацI буго халкъалъул хазина, миллат гъункизабулеб сину, тарихгун маданияталъул гъансито, гьединлъидал гьеб нилъее, магIарулазе, буго къиматаб жавгьарлъун, ва ниж киналго хIадурал руго гьеб цIунизеги цебетIезабизе.
Рахьдал мацIалъулги адабията­лъулги тадбирал гIемер гIуцIана. ГIу­цIана гьел батIи-батIиял райо­назда, ай гIицIго магIарулаз гIум­ру гьабулел бакIазда. Гьезул аслиял гIахьалчагIиги кколаан цIалдохъа­биги учительзабиги. Районалъул нух­малъиялъул вакилас яги росдал бегавулас къанагIат гурони гьабулароан гьелда гIахьаллъи. РакI гIодулеб хIал батулаан бакIалъул нухмалъиялъ кIваркьечIого тарал школазда рахьдал мацI малъиялъул.
Краснооктябрьское росулъ анлъго соналъ цебе рагьана цIияб шко­ла. Гьелъие кьун буго Расул ХIамзатовасул цIар. Гьеб цIара­лъе мустахIикъаб коллектив хIалтIу­лебги буго школалда. Гьезул хIа­къа­лъулъ гьадин бицана школалъул директор ХIажимурад ИсмагIиловас: «Школа бана 2013 соналда. Нижеца гьарана гьелъие Расул ХIамзатовасул цIар кьезе ихтияр. Гьелъул мурадалда ун рукIана Расулил ирсилазухъе ва гьез нижеда абуна, цIаралъе мустахIикъал цIалдохъабиги рукIи­не ккела гьанирин абун. Нижер буго цIакъаб коллектив, гъункараб, гьабулеб ишалъе ритIухъаб. Ниж рохарал ва чIухIарал руго кIудияв шагIирасул цIаралда бугеб школалда хIалтIизе щвеялдаса.
Фестиваль тIобитIизе пикру ккана ГIандадерил хIорихъ гIуцIун букIараб МагIарул мацIалъул фестивалалда рукIаго. Гьеб гIумруялде бахъинабун бажарана гьанже. Баркала нижехъе рачIарал гьалбадерие», — ян.

Умумузул гIадат, гIелалъ гIелалъу­хъе кьун, цIунула магIарулаз

Малая Орешевка росдал гьоркьохъеб школалъул директор, Да­гъистаналъул мустахIикъав учи­тель, РФялъул лъайкьеялъу­л от­лич­ник Канзула НухIбегов: «Жа­къасеб мажлисалъул аслияб мурад буго гIатIиракьалда гIумру гьабун ругел магIарулазул лъималазда гуребги, гьезул улбуздаги ва тIолабго Дагъистаналдаги бичIчIизаби ва бихьизаби рахьдал мацIалъулги адабията­лъулги учительзабазулги, школазул директорзабазулги, районалъул нухмалъулезулги миллаталъул адабияталдеги маданияталдеги бугеб бербалагьи.
Нижер ахIиги къабул гьабун, гьоболлъухъе рачIун руго магIарул мацIги цIарги цIуниялъул мурадалда гьарулел ишазул бахIарзал. Гьел ккола шагIирзабиги, хъвадарухъабиги, гIалимзабиги, журналисталги. МацI цIуниялъулги гIун бачIунеб гIелалда гьелъул берцинлъиги, тIокIлъиги, хаслъиги бичIчIизабиялъул мурадалда гIемераб хIалтIи гьабизе ккола жакъа поэтазги, мугIалимзабазги, миллиял газетазулгун журналазул редакторазги, телевидениялъги.
Гьеб унтуе дару-сабаб балагьулаго гIу­цIулел гьал дандеруссинал­ги мажли­салги кколаро бигьаяб хIал­тIи. Гьеб хIалтIи цIакъ камилго нухда бачунеб буго МагIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул нух­­­ма­лъулей Баху МухIидиновалъ.
Ахирал соназда гьадинаб хашаб, тIаса-масагояб бербалагьи букIиналъ тIамулел руго нилъ гьадинал тадбиралги мажлисалги тIоритIизе. Абизе бегьула, гьабсагIат бачIун бугин халкъалъ жиндирго маданияталъулги мацIалъулги хIурмат тараб заманилан. ГIурусазул поэт Ярослав Смеляковас абун буго, мацI бугин аскаралъ тушманасухъе тIарамагъада кьолеб ракьги, ярагъги, гьеб кьун хадуб, нахъе къазе тIокIаб бакI букIунарилан абун.
Рахьдал мацI ккола щивав инсанасул гIумруги, гIамалги, гIадатги, ру­кIа-рахъинги борцунеб роцен. Рахь­дал мацIалда гурищ нилъер щи­­вас бабаянги дадаянги абураб, гьеб мацIалда гурищ улбуз нилъе­р мугI­рузулги гIагараб ракьалъул къис­матгун тарихги нилъеда малъараб.
Цо-цо цIалдохъабазул эбел-эмен рачIуна, жидер лъималазе магIарул мацI хIажат гьечIин, гьел дарсаздаса эркен гьареян, ЕГЭ ва ОГЭ кьезеги гьеб къваригIунарин абун. Гьединаб гурого бичIчIи гьечIел эбел-инсуца жидерго лъимал махIрум гьарулел руго миллияб рухIияб хазина-бечелъиялдасаги тарихалдасаги. Гьезие асарго гьабуларо магIарул адабияталъул кочIол мухъазги кицабазгун абиязги; гьел кинго кантIуларо. Кинго бичIчIуларо, магIарул рос-лъа­ду­ца жидерго гъасда цоцадаги лъималаздаги, нилъерабгоги тун, чидар, гIурус мацIалда кIалъай. Гьеб гурищ балугълъиялде вахарав чиясул жагьиллъиги рухIияб хъарцинлъиги?! МацI кIочани, миллат тIагIуна. МацIгун цадахъ тIагIуна кинабго – рухIияб бечелъи, тарих, адабият, маданият. МацI буго Аллагьас ни­лъее кьураб кIудияб бечелъи, кIудияб рахIмат. МацI кIочарав чи релълъуна бесдаласда. Нилъер умумуз абулаан борхьилги мацI лъазе кколин абун.
Жакъа магIарул мацIалъул учительзабазул гIемерисез митингазда­ги, социалиял гьиназдасанги, ва­ца­палдасанги, Интернеталъул сай­­таздасанги ахIи балеб буго, умумузул мацI тIагIине биччагеян, гьеб цIунеян абун. Нилъ миллатчагIи гуро, амма тарихалъул гъварилъуде раккани, нилъер умумул рукIана гIакълуги камилал, яхI-намусалъул рахъалъ цогидал миллатазе мисаллъун рукIарал чагIи. Нилъер миллаталъ гурищ берцинги гвангъизеги гьабун букIараб Дагъистаналъул тарих?! Дуниялго хIайран гьабурал диниял гIалимзабиги, гIакъилзабиги, шайихзабиги, космонавталги, ша­гIир­забиги, речIчIухъабиги нилъе­р миллаталъул гурищ рукIарал ва гьаб­сагIатги ругел?!
Гьанже мацIги, цIарги, гIадатги кIочон, нилъер наслуялъищ гьеб чорокаб тIанкI лъелеб? Гьединищ малъараб, хвалда цебе амруги васиятги гьабун букIараб нилъер кIудияб гIелалъ? Гьаб нилъее киназего гIаммаб, киназдаго бичIчIулеб мацIалъги, гьудуллъиялъги, гьоболлъиялъги, вацлъиялъги гурищ ни­лъер миллат цолъизабун букIараб?
Дица щивав учителасул борчлъун рикIкIуна, миллаталъеги мацIалъеги гIоло гьабулеб хIаракаталъул нилъер бугебщинаб хIалбихьи цоцазухъеги кьун, ракIунтун хIалтIи», — ян.
Гъизляр районалъул депутата­зул собраниялъул председатель АхIмадпаша Амирилаев: «ТIаде­гIа­нав Аллагьас нилъее къиматаб сайгъатлъун гьабураб рахьдал мацI нилъер гIун бачIунеб гIелалъ кIоченабулеб буго. Гьеб ккола нилъ киналго цадахъ рахъине ккеялъе аслияб гIилла. Нилъер щивасул руго абадияб дунялалде арал умумулги гIагарал ча­гIиги. Заман щвараб мехалда, гьезул зонохъеги ун, дугIа-гьари гьабула нилъеца. Гьебги гьабула щивас жиндирго рахьдал мацIалда. Дие бокьун гьечIо, чамалиго соналдасан дунги хун, дир зонохъе рачIарал дир лъималазги гьезул лъималазги «Прости, дедушкаян» абизе. Гьеб букIине буго жакъа нилъеца кIваркьунгутIиялъул хIасил. ГIурус мацIалда кIалъазе би­гьалъула, гьеб буго пачалихъияб мацI. Гьеб лъачIогоги хутIиларо. Амма нилъерго гъасда рахьдал мацI нилъеца бицинчIого тани, гьеб лъазе гьечIо нилъер наслуялдаги. Лъималазул лъималазда гьеб тIубанго кIочон тезе буго. Нилъер мацI буго бихьинчилъиги, къадруги, къиматги гъорлъ бессараб жавгьар. Гьеб тIагIине тани, тIагIине буго нилъе­р умумуз, биги гIодоб тIун, ватIан цIуниялъул тарих – мацI кколелъулха халкъалъул рукIа-рахъинги маданиятгун тарихги жанибе бачараб ва гьеб цIунулеб алат. МацIалъул байрахъ чIухIун борхизабизеги борхалъуда парпадизабизеги тIадаб буго нилъеда! Аллагьас гьеб ишалда тавпикъ кьеги нилъее киназего».
РФялъул Журналистазул союзалъул секретарь, ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель, «ХIакъикъаталъул» бетIерав редактор ГIали Камалов: «ГIемерал данделъабазда гIахьаллъана дун. Дагьалъ цеве вукIана Россиялъул Кавказалъул халкъазул конгрессалда. КIинусгоялдаса цIикIкIун чиясда гьоркьоса 30 процент рукIана дагъистаниял. Гьенибги бицунеб букIана нилъерго мацIги, маданиятги, тарихги цIунизе ккеялъул хIакъалъулъ. Гьеб гIемер бицунеб буго. Гьадинал мажлисалде унеб мехалда ургъел букIуна, киндай гьаб тIобитIилебан абун. Жакъа лъималаз бихьизабураб гьунаралдаса разиго хутIана дун, гьелъ дир ракIчIезабуна миллата­лъул мацI цIунун хутIиялде.
Жакъа гьанир церерахъарал лъималаз, кечI рикIкIунаго ва ахIулаго, кьурдулаго, сценкаялда роль хIа­ла­го, кинабго гьабулеб букIана ракI-ракIалъ. Гьеб буго учительзабазул хIалтIул хIасил. Баркала буго ну­жее киназего гьелъухъ! Нужее гIе­зегIан захIмат буго хIалтIизе: цин ма­гIарухъа Чачаналъе гочинарун, хадуб гьениса Дагъистаналде рахъинарун, батIияб ракьалда цIидасан минаби разеги ккун, магIишат гIу­цIулеб заманалда рахьдал мацI миллаталъул бечелъиги цIунизе бажари гIуна нужер. Черх загIиплъараб мехалда тохтурасухъе уна нилъ. Гьедин загIиплъун ва тохтурасул кверщаликье ккун буго миллияб мацIалъул къисмат. Гьеб къисмат пашманабищ букIинеб яги киналго рохараб хIалалдейищ ккелеб – гьеб иш бараб буго районазул бутIрузда, росабазул бегавулзабазда, школалъул ва лъайкьеялъул управлениязул нухмалъи­ялда. Хьулги буго, гьезда гьелъул магIнаги бичIчIун, гьелде бербалагьи хисиялде».
АхIмад Саламов: «Жакъа лъималазул церерахъиналда бащалъулеб цониги концерт бихьичIо дир гIумруялда. Гьезда цадахъго кьурдулел рукIана залалда гIодов чIарав дирги лугбал! Баркала лъималазе гьелъухъ!
Жакъа къоялъул масъалаби гъорлъ рессарал сценкаби рихьизаруна цIал­дохъабаз гьанир. Пуланав чиясухъе, гьесул яс гьаризе, вачIун вуго цо гIолохъанчи. Инсуца абун буго, смартфоналдаса гьелъул кверал ратIагьарун духъа бажарани, хъалимцин кьечIого, яче гьейян абун. Гьединаб заманалда цIалдохъаби магIарул мацIалъул бечелъиялдеги миллаталъул маданияб ирсалдеги руссинарун бажарарал учительзабазе кIудияб баркала буго».
ЦОДОУ ЗОЖалъул (ТУО) методист Нуцалай Мирзабеговалъ загьир гьабуна, цогояб иш рекIее къабуллъарал гIадамал цолъараб мехалда, нилъехъа бокьараб хIалтIи гьабун бажарулин абураб пикру. «Росдалги районалъулги нухмалъулезул лъикIаб бербалагьи букIинчIебани, жакъа гьадигIан берцинго гьаб тадбир нухда бачун бажарилароан. Гьединаллъун рукIинчIелани магIарул мацIалъул учительзаби, Ассоциациялда сверухъ гъункун гьезухъаги бажарилароан. Миллаталъе мацIги гIамалги цIуни аслияб мурадлъун букIинчIебани, ай жиндирго хасал пикрабазе гIоло Баху цее яхъун йикIарайани, гьелда хадурги рахъинароан учительзабиги, гьелъул рахъкквелароан гIалимзабазги миллаталъул къадруял вакилзабазги».
Краснооктябрьское росдал бегавул СагIид ШагIбанов: «19 батIияб миллаталъ гIумру гьабула гьаниб. Дунялалдаго машгьурав Расулил цIар кьураб школалда гьабулеб гьаб иш хъулухъчагIазе хIисабкьеялъул мурадалда гьабураб батани, гьелъухъ нагIана щола. Амма суал буго: магIарул миллаталъул бихьинал тIагIунищ ругел, гьаб кIудияб иш руччабазул гъуждузде бегизабизе ккани? Гьелда тIад ургъизе ккела. ТIубаларо иш, гIицIго учительзабазул цIобакье мацI цIуниялъул иш хъущтIизабун чIаниги. ЯхI бахъизе ккола щибаб хъизамалда рахьдал мацIалда кIалъазе».
Гъизляр районалъул учительзабазул профсоюзалъул председатель Турсун Имратов: «Рахьдал мацIалъул кIваралъул багьа борцун бажаруларо. Миллаталъул мацIалда кIалъала эбел жиндир лъимералда, лъимадулги тIоцересел рагIаби рукIуна рахьдал мацIалда. Рахьдал мацI цIуниялъулъ кIудияб бутIа ккола учительзабаз. Республикаялъул лъайкьеялъул министрлъун дун вукIаравани, дица ургъилаан рахьдал мацIалъул учителасе хасаб шапакъат. Гьесул хIаракаталда бараб буго гIолеб гIелалъул тарбияги гIадамазда гьоркьоб хьвада-чIвадиги, ватIан бокьигун гьеб цIунизе бижулеб къуватги. Рахьдал мацI цIуниялъе гьабулеб хIаракаталъухъ гьединаб шапакъат букIине ккола!
Жакъа гьаниб кьуна рахьдал мацIалъул бищун лъикIаб дарс. Бищун лъикIаб дарс! Биччанте гьеб букIине цогидал мацIазул учительзабазеги мисалияб дарслъун. КъваригIун буго тIолалго Дагъистаналъул халкъазул мацIазул фестиваль – цо къоялъ гуреб, тIубараб анкьалъго».
МагIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул рахъалдаса Гъизляр районалъул росабазул школазул учительзабазеги директоразеги шапакъатал кьуна Баху МухIидиновалъ, районалъул администрациялъул рахъалдаса – АхIмадпаша Амирилиевас. Сайгъатал кьуна «ХIакъикъат» газеталъул редакциялъул рахъалдасаги цIалдохъабазеги учительзабазеги. Фестивалалъул гIуцIарухъабазе баркалаги кьун, школазе тIахьал сайгъат гьаруна ДНЦялъул ИЯЛИЯлъул гIалимчи АхIмад МуртазагIалиевасги. Жидерго кучIдул цIалана тадбиралде рачIарал шагIирзаби Умарагьи СалихIовалъги, Садрудин Шидибскиясги, ТIагьират ГIалиевалъги, СайгидахIмад АхIмаднабиевасги.
Кавсарат Сулейманова