Бергьенлъаби

Къецазул хIасилал гьаруна

РФялъул ЖамгIияб палатаялда шапакъатал кьуна  Дагъистаналъул цIалдохъабазе

ЦIалдохъабазда гьоркьоб тIобитIараб ТIолгороссиялъул къецалда гIахьаллъана 353 цIалдохъан. Гьезда гьоркьоса 100 авторасул хIалтIи рикIкIана бищун лъикIаблъун. Гьезда гьоркьор руго Буйнакск районалъул ТIаса Гъазданущи росдал школалъул анкьабилеб классалдаса Аида Акаеваги Гъизилюрт районалъул ЦIобокь-Миякьоб росдал школалъул ункъабилеб классалъул цIалдохъан Хадижат Юсуповаги.
Сочинениялъул авторазе шапакъатал кьуна РФялъул лъайкьеялъул министралъул заместитель Татьяна Синюгиналъ. «Нуж руго улкаялъул «меседил нусилаб». Нуж руго бищунго цIакъал, баркала нужее! Ниж чIухIула нужедаса. Нужер гъира буго рахьдал мацI лъазабизеги, гьеб мацIалда нужерго пикраби загьир гьаризеги, гьеб мацIалда хъвадаризеги. Баркула нужедаги нужер учительзабаздаги бергьенлъи», — ян бицана гьелъ, шапакъатал кьолаго.
Синюгиналъ абуна къецалда бергьарал цIалдохъабазул сочинениязул мажмугI басмаялде бахъизе бугиланги.
«Дир хвелгьечIев багьадур» абураб Хадижат Юсуповалъул сочинениялда цIалдохъаналъ хъвалеб буго инсухъе кагъат. Гьев вукIана низам цIунулел идарабазул хIалтIухъанлъун ва хвана, хъулухъ тIубалаго.
Аида Акаевалъул сочинениялда хъван буго Дагъистана­лъу­л тункIазул устар Базалайил хIа­къалъулъ.