Форумалъул хIасилал

Аслияб мурад – гьудуллъи щула гьаби

 

15 октябралда «Дагъистан» РИАялда данделъун рукIана Дагъистаналда тIобитIараб халкъазда гьоркьосеб гIолилазул динияб форумалъул хIасилазул хIакъалъулъ бицине.
Гьенир гIахьаллъана диниял ишазул рахъалъ комитеталъул председателасул ишал тIуралев МухIамад ГIабдурахIманов, ДРялъул муфтиясул кумекчи МухIамад МухIамадов ва цогидалги. МухIамад ГIабдурахIмановас цоги нухалда ракIалдещвезабуна форумалъул программа. Тадбиралъул гIахьалчагIи щвана Дербенталде, АхIулгохIде, гIолилал дандчIвана батIи-батIиял диназул нухмалъулелгун, жамгIиял ва пачалихъиял хIаракатчагIигун.
Дандеруссиналда гIахьаллъа-рал жугьутIазул цолъиялъул советалъул лъайкьеялъул отделалъул нухмалъулев Борис Ханукаевас ва МахIачхъалаялъул епархиялъул отделалъул нухмалъулев Иеромонах Иоанница бицана гIолилазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъиялъе ва цоцазде гьел гIагар гьариялъе, гьезие рухIияб тарбия кьеялъе гьединал форумазул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ.