Бикъарас бецIила

Дагъистаналъул бетIерас тIобитIараб данделъиялда бицана 2013-2017 соназда жагъалал минабаздаса гIадамал гочинариялъул хIакъалъулъ республикаялъулаб программа гIумруялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ

 

Данделъиялда кIалъалаго, ДРя­лъул ралел бакIазул ва ЖКХя­лъул министр Малик Баглиевас абуна: «Рехсараб программаялда рекъон, 2013-2017 соназда республикаялда бан буго 116 гIемертIалаяб мина (10125 чи гочинавизе 3275 рукъ). Жагъалаблъун рикIкIун буго гIаммаб къагIидаялда 135 азарго квадратияб метр бугеб 255 мина.
Программа гIумруялде бахъинабулаго, тIурачIого хутIун руго гIезегIан масъалаби. Масала, МахIачхъалаялда рарал минабазухъе рачун гьечIо коммуналиял мухъал, лъугIун гьечIо гьел газалдалъунги, токалдалъунги, лъедалъунги хьезариялъул ишал. Гьединго хIадурун гьечIо хIажатал документал», — ан.
Гьес бицана Дербенталда бугеб хIалалъул хIакъалъулъги. Гьенир гIунгутIаби ратун рукIана 299 квартираялда. Кинабниги гочинабуна 410 хъизан ва жеги гочинабизе буго 485 хъизан. ГьабсагIаталда къачIан бахъун буго 108 квартира, жеги ремонт гьабулеб буго 91 квартираялда.
Республикаялъулаб программа гIумруялде бахъинабиялъе квал­кваллъун данделъиялда рехсана минаби ралел компаниязе цебеккунго гIарац рехи. «Гьединаб къагIидаялъе ахир лъезе буго. ГIадамалги хIуку­матги махсараде ккурал чагIазул рахъалъ уголовнияб кодексалда ре­къон­кколеб тамихIги гьабизе буго. ЦIогьодаралъухъ гIарац кьезе гьечIо бюджеталдаса. Гьелъухъ жавабги кьезе буго тамихIалде цIарав чияс. ГьабичIеб хIалтIухъ гIарац босун буго. Гьеб босараз кьела гьелъул жавабги», — ян лъазабуна республикаялъул бетIерас, данде­лъиялъул хIасил гьабулаго.
Владимир Васильевас Ма­лик Баг­лиевасда гьикъана, ракI­бацIцIадго хIалтIуларел застройщи­казул сияхI бугищ духъилан. Бугин жаваб кьуна министрасги. «Гьеб ракIбацIцIадго хIалтIулел компа­ниязул сияхIги бахъизе ккела къватIибе. ГIадамазда лъазе ккола, лъида божилъи гьабизе бегьулебали. Цоги нухалда такрар гьабила: бюджеталдаса цо гъуруш кьезе гьечIо; гIарац бахъизе буго гьеб бикъарал гIадамазухъа. Дагъис­таналъул халкъалда цебе жидерго гIайиб букIи­налъе мукIурлъарав чиясдехун букIине буго гьелда рекъараб бербалагьиги», — ян бицана Васильевас.