Нухал

13 къватIги къачIазе буго

МахIачхъалаялъул къватIал къачIалаго, тIокIлъизабуна 33 млн гъуруш

«ХIинкъигьечIел ва лъикIал нухал» абураб федералияб проекталда рекъон, тахшагьаралда къачIана къватIал. Гьеб хIалтIи гьабулаго, тIокIлъана 33 млн гъуруш. Гьелъухъ жеги къачIазе буго МахIачхъалаялъул 13 къватIилан бицана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев Рамазан Жапаровас. КъватIал къачIан рахъинаризе ккола 20 октябралде.
ДРялъул бетIерасе хIисаб кьолаго, Жапаровас бицана, рехсараб федералияб проекталде бачIун букIанин 765 млн гъуруш (гьеб проект гIумруялде бахъинабиялъе кьезе буго кинабниги 1,5 млрд гъуршидаса цIикIкIун гIарац). «Гьеб гIарцухъ исана къачIазе ракIалда букIана нухазул 126 километр (шагьаралъул 99 къватIги шагьаралде рачIунеб микьго шагьраги). Гьеб хIалтIи лъугIизабизе ккола тIоцебесеб ноябралде щвезегIан. ГьабсагIаталда къачIан бахъинабизе ккола гIицIго 10 къватI, хIалтIул 66 процент гьабун бахъун буго гьенибги.
«Нижехъа бажарулаан хIалтIи цебего лъугIизабизе, амма ракIалда гьечIелги масъалаби тIуразе ккана. Масала, Автомобилистазул къотIнор лъезе ккана 500 метралъул манзилалда цIиял рогIрал. Юсуповасул къотIноб, гIадамазул гьариялда рекъон, хисана басрияб лъел рогIоро (380 метр халалъуда бугеб). Риххизе ккана цо-цо бакIалда изну гьечIого ран ратарал бакIал, гьарурал гIисинал ахал. Гьез квалквал гьабулеб букIана хIалтIизе», — ян бицана Жапаровас. 20 октябралде къачIан рахъине руго шагьаралде рачIунел шагьранухалгиян тIаде жубана гьес.