Хьул бижана

Ахир-къадги…

Дело битIизе буго Россиялъул цIех-рехалъулаб
комитеталъул (СКР) централияб аппараталде

РФялъул цIех-рехалъул комитеталъул (СКР) Дагъистаналда бугеб цIех-рехалъулаб управлениялъул председатель Сергей Дубровиница лъазабуна, 17 сон барав Наби ва 19 сон барав ХIасанхIусен ХIасанхIусеновал чIваялда бан рагьараб уголовнияб делоялъул цIех-рех гьабизе бу­гин Москваялда. Гьедин гьабиялъе гIиллалъун ккана 24 сентябралдаса нахъе ХIасанхIусеновазул эбел-эмен тахшагьаралъул аслияб майданалде рахъин. Гьез тIалаб гьабулеб букIана ДРялъул бетIер Владимир Васильевасулгун дандчIвай.
ТIоцебесеб октябралда гье­зул рахъккун майданал­де вачIана нус-нус дагъиста­нияв. Гьелдаса хадуб пикет­чагIазухъе рачIана ДРя­лъул МВДялъул министр ГIаб­дурашид МухIамадовги Гъи­зилюрт районалъул бетIер МухIамад Шабановги. Къварилъиялъ къвал баразулгун гара-чIвариги гьабун, МухIамад Шабановасда цадахъ ПатIиматги МуртазагIалиги ХIасанхIусеновал ва гьезул божарав чи Жамбулат ХIасанов ана СКРялъул Дагъистаналъул управлениялде. Гьел къабул гьаруна рехсараб идараялъул председатель Сергей Дубровиница.
«Дубровиница нижеда абуна, Владимир Васильев телефоналдасан кIалъанин Александр Бастрыкинихъе ва къотIи гьабунин, вацал чIваялда бан рагьараб уголовнияб дело анкьида жаниб Москваялде битIизе. Нижее гьебха хIажат букIараб, гьединлъидал Васильевасулгун дандчIваялъул мурадалда гIуцIун букIараб пикетги къалеб буго нижеца», — ян бицана Жамбулат ХIасановас.
Вацал ХIасанхIусеновал чIвана 2016 соналъул августалда, росдада гIагарлъухъ бугеб колодаса рокъоре рачIунаго. Гьелда бан рагьун букIана РФялъул УКялъул 317-абилеб статьяялда рекъонкколеб (низам цIунулел идарабазул хIалтIухъан чIвазе хиял гьаби) уголовнияб дело. Гьелъул цIех-рех гьабуна лъагIелгун ункъо моцIалъ, хадуб гьеб къана. Рагьун букIана РФялъул УКялъул 105-абилеб статьяялда (чи чIвай) рекъонкколеб уголовнияб делоги, амма гьелъул цIех-рех гьаби гьоркьоб къотIизабуна, щалали лъаларел гIадамаз вацал чIваниланги абун.
Муса Азаев