Стратегия

Гьудуллъиялъул кьучI

Жиде-жидер рахьдал мацI лъазабизе щивав чиясул ихтияр букIин киназдаго гуро бичIчIулеб бугеб

Миллатал гIемераб Россиялъе халкъазул гьоркьоблъи цIуни букIана кидаго кIвар бугеб суаллъун. ГIурусазул машгьурав хъвадарухъан Л. Толстояс «ВуцIцIун чIезе кIоларо» абураб макъалаялда, 1908 соналда, хъвалеб буго: «Лъугьа-бахъиназул къуват материалиял шартIазда гуреб, халкъалъул рухIияб ахIвал-хIалалда бараб букIуна», — ян.
Россиялъул халкъазул рухIияб ахIвал-хIал 2012 соналда пачалихъияб миллияб политикаялъул 2025 соналде щвезегIан болжалалда стратегия къабул гьабиялда цебе, битIахъе абуни, беццилеб хIалалда букIинчIин абуни, мекъи ккеларо. Гьеб стратегия Дагъистаналда гIумруялде бахъинабиялъул хIакъалъулъ суалги цебелъун, Россиялъул Пачалихъияб Думаялъул миллияб политикаялъу­л комитеталъул нухмалъиялда гъоркь МахIачхъалаялда тIобитIана данделъи. Гьеб комитеталъул председатель Илдар ГIилмудиновас бицана Россиялда миллияб политика билълъанхъизабиялъул мурадалда гьарулел ругел аслиял тадбиразул хIакъалъулъ. Гьес тIадчIей гьабуна пачали­хъиял школазда рахьдал мацIал ма­­лъиялъул суалалда сверухъ ул­кая­лъул жамгIияталда ккараб ахI­вал-хIалалдаги, бицана гьелда ра­­зиял ва разилъуларел гIадамал ру­кIи­налъулги, гьаризе кколел ишазулги хIакъалъулъ.
ДРялъул миллияб политикаялъул министр Татьяна Гамалейица бицана Да­гъистаналда 2025 соналде щвезегIан хIадурараб миллияб стратегия гIумруялде бахъинабиялъе гьабулеб бугеб хIалтIул ва гьелъие биччараб гIарцул хIакъалъулъ. Масала, исана гьел мурадазе миллияб политикаялъул федералияб агентствоялъ Дагъистаналъе биччан буго 13 миллион гъуршидаса цIикIкIун гIарац.
Данделъиялда гIахьаллъарав, рехсараб агентствоялъул директорасул заместитель Михаил Мишиница лъикIаб къимат кьуна Дагъистаналъул халкъазул ва республикаялъул нухмалъулезул миллияб политика цебебачине ва халкъазда гьоркьоб рекъел цIунизе бугеб бажариялъе. Гьеб рахъалъ Дагъистана­лъул лъикIаб хIалбихьи бугинги абуна гьес.
КIалъазе щвараб ресалдаса пайдаги босун, гьал мухъазул авторасги лъикIалин ккарал пикрабиги загьир гьаруна гьеб дандчIваялда.
Гьезул цояб ккола миллияб политика билълъанхъизабиялъулъ райо­назул ва шагьаразул нухмалъуле­зул гIураб жавабчилъи гьечIолъи. Ба­кIазда ругел хIакимзабазул хIалтIи борцине бихьизабун буго 35-гIанасеб пункт. Гьелда гьоркьоб буго гьенир гIумру гьабун ругел гIадамазда жаниб гьуинлъи-вацлъи цIуниялъул пункт­ги. Амма нилъер республикаялда бакIалъулал нухмалъулез гьелде кколеб кIвар кьолеб гьечIо. Гьеб гьез рикIкIунеб буго республикаялъул нухмалъулезул ва гьелъул идарабазул ишлъун. ЛъикIаб букIинаан стратегиялда хиса-басиял гьарулел ругелъул, гьезул жавабчилъи борхизабиялде кIвар кьуни.
КIиабизе, стратегиялъул 19-абилеб статьяялда хъван буго «батIи-батIиял миллатазул гражданазул ихтияр буго жидерго рахьдал мацI лъазабизе», — абун. Гьедин бугониги, школазул нухмалъулез хIаракат бахъулеб буго рахьдал мацIал аслиял гуреллъун рихьизарурал цIалул программаби тIаса рищизе, ай мацIазде гьабулеб бербалагьи чучлъизабизе. Узухъда, гьеб буго бигьаяб нух – рахьдал мацIалъул учительзаби, цIалул тIахьал, пособиял ралагьулел рукIинегIан, гIурус, ингилис ва цогидал мацIал тIасарищани, бигьаго букIинарищ хIалтIи гьабизе. Амма сунде нилъ гьелъ рачунел ругелали пикру ва ургъел гьабулеб гьечIо. Жакъа росабалъцин рахьдал мацIазда кIалъалел лъималазул гьаракь рагIулеб гьечIо, киназго бицунеб буго гIурус мацI. Гьелдаса хадур кинал рукIинел нилъер адабият, маданият, гIадатал?
Гьединго стратегиялда бихьизабулеб буго «миллиял гьоркьорлъаби квешлъизариялъе квербакъулеб бугила цо-цо халкъаздехун квешаб бербалагьи бижизабиялъги». Долдаса нахъе ана анлъгоялдаса цIикIкIун сон, амма жакъаги Москваялда ва цогидалги Россиялъул гьитIинал-кIудиял шагьаразда дагъистаниязул хIакъалъулъ тIибитIизабулеб буго расги лъикIаб гуреб пикру. Бицунеб гьечIо Дагъистаналъул КIудияб ВатIанияб рагъул 75 БахIарчиясул, Рагъулаб реццалъул лъабабго даражаялъул орденал росаразул хIа­къа­лъулъ, ракIалдещвезарулел гьечIо СССРалъул министраллъун, космос квегъиялъул генералиял конструктораллъун рахъарал дагъистаниязул, гIалимзабазул, тохтурзабазул, улкаялъулго намус, къадру цIунун цере рахъунел спортсменазул цIарал. Амма гьоркьоса къотIичIого рихьизарула Дагъистаналдаса такъсирчагIи, хъамалчагIи, гIицIго нилъер гурони гьел гьечIел гIадин. Гьеб гурищ дагъис­таниязул напс гIодобегIан гьаби, цогидазда бащадал гражданаллъун рукIине бугеб гьезул ихтияр цIунунгутIи! Гьединабищ букIине кколеб миллатал гIемераб улкаялъул централиял газетазул, телевидениялъул политика? Бегьуларищ гьелдехун Пачалихъияб Думаялъул комитеталъ, федералияб агентствоялъ пикру буссинабизе ва гьелъие ахир лъезе?
Буго цогиги, дир хIисабалда, кIвар кьезе ккараб суал. Демографиялъул ва миллиял суалазул рахъалъ Северияб Кавказ буго Россиялъул цогидал бутIабаздаса гIемерго батIияб, жиндирго хаслъаби ругеб бакI. Гьединлъидал лъикIаб букIинаан гьаниб стратегиялдаса жиб чвахун бачIунеб, гьенире кколел субъектазул программабиги хIисабалде росун, хIалтIулеб хасаб къагIида гIуцIани. ГIемер руго мисалал, гьанир хIалтIулел парламентариял, юридикиял рахъал, Россиялъул законазде дандекколарин гIиллаги батун, хвезарулел. Масала, гьединаб букIана нилъер республикаялъул парламент гIуцIиялъул рищиязда кьучIлъун жиб букIараб «Миллиялгун территориалиял округазул хIакъалъулъ» хIукму. Гьелъ рес кьолаан Халкъияб Сораниялде рищиязда Дагъистаналъул гIемерал миллатазул ихтиярал цIунизе. Амма гьеб хвезабуна. Гьединал мисалал дагьал гьечIо цогидал республикабаздаги. ЛъикIаб букIинаан гьединал рахъал хIисабалде росани.
Гьенибго Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналда бугеб гIуцIиялъул нухмалъулев хIисабалда, дица тIадчIей гьабуна гьелъ республикаялда гьабулеб бугеб хIалтIудаги. Щайгурелъул, миллияб стратегия къабул гьабизегIан чанго соналъ цебе, гьеб гIуцIиялъ халкъалъул цолъи букIинабиялда рарал гIемерал суалал гIумруялде рахъинарулаан.
Данделъиялъул гIахьалчагIи, Да­­гъис­та­налъул бетIерасул гIакъ­лу­­чи Камил Ландаца, гIалимчи Му­­хIамадхан МухIамадхановас, Дагъистаналъул гIелмияб центра­лъу­л этнополитикиял цIех-рехазул централъул нухмалъулев Руслан Абакаровас ва цогидазги рорхана жакъасеб гIумруялда миллияб политика цебебачиналъе хIажатал пикраби.
Зикрула Илясов