Цере ккаралщинал ритIизе гьечIо

 

 

  РФялъул президент Владимир Путиница улкаялда цо бутIа мобилизациялъул лъазабуралдаса ана анкь. Щибаб къойилго гIадин военкоматалде унел руго повестка бачIарал чагIи. Нижехъе щварал баяназда рекъон, военкоматалде ахIанщинал хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъизе ритIулел гьечIо. Сахлъиялъухъ, рагъулаб хъулухъалъулъ балагьун тIаса рищулел руго гIолохъаби.

 

Мобилизациялда хурхун халкъалъул гIемерал суалал рукIинги хIисабалде босун, 28 сентябралда республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликов дандчIвана республикаялъул ва федералиял телеканалазул журналисталгун. Журналистаз Республикаялъул бетIерасда гьикъана:

— Цо-цо муницапалитетазда ругел бакIалъулал военкоматаз гьабураб тIаса-масагояб хIалтIудаса рази гьечIолъи загьир гьабун букIана дуца дагьаб цебегIан, гьез риччарал гъалатIал хисизарунищ?

— Гьеб буго щибаб къойил гьабизе кколеб хIалтIи. Жакъа къоялде кинабго роцIцIун бугин абизе кIоларо. БакIалъулал администрациязда ругел военкоматазул махщалил даража загIипаб букIиналъ кколел руго гъалатIал. Масала, гьадинаб ишгун нилъ дандчIван рукIинчIо. Гьединлъидал гъалатIал кколел руго ва гьелъул хIасилалда халкъалъул разилъи гьечIолъиги буго.

— Мобилизациялда дандечIун митингалги тIоритIана. Абулеб буго гьелде нилъер гIадамал гьесизарунин къватIисел пачалихъазда ругел, хасаб идеологиялда рекъон хIалтIулел чагIазилан. Гьелда бан дуца щиб абилеб?

— Нилъер гIадамал руго захIматги бокьулел, хIалтIизеги лъалел, ракIалги лъикIал чагIи. Амма гьелдаго цадахъ добасааниса рагIанщиналда божулелги руго. Гьелдаса пайда босулеб буго нилъ рокьуларел чагIазги.

ДРялъул бетIер Сергей Меликов дандчIвана мобилизация лъазабидал къватIире рахъарал гIолохъабигун.

«Радалго щвана гьениве. Каспийскиялъул ралъдал аскариязул хасаб полкалъул кьеразулъ рукIине руго гьел. ГIолохъабазда бичIчIулеб буго лъугьун бугеб ахIвал-хIал, Россиялъ хасаб операция байбихьун букIинчIебани, нилъер шагьаразде, росабалъе рагъ бачIине букIараблъи хIакъаб букIин. Дица гьезулгун хабаркIалги гьабуна. Гьел руго сабурал ва къвакIарал гIолохъаби», — ян хъван буго жиндирго телеграмм-каналалда Меликовас.

Республикаялъул бетIерасул рагIабазда рекъон, мобилизациялъ ахIарал гIолохъаби хIажатабщиналдалъун хьезарунги руго.

«Узухъда, цо-цо гIолохъабазул рахIат хвезабулеб пикруги буго, гьел рокъор гьечIебгIан заманалда жидерго гIагарлъиялъул кинаб къисматдай букIинаян абун. Гьезул гIагарлъиялда дандчIвалел захIмалъаби хехго тIуразе руго.

Рагъулаб хъулухъалъул контрактниказулалдаса батIиял рукIине гьечIо гьез гIумру гьабулел бакIазда шартIалги. Казармабазда санагIатал бусабиги руго, тIагIамаб квенги буго, кинабгIаги гIарзги гьечIо», — ян лъазабуна С. Меликовас.