Россиялъул Президентасул хитIаб

 

  21 сентябралда Россиялъул президент Владимир Путиница лъазабуна гражданазул цо бутIа рагъулаб хъулухъалде ахIизе бугин абун. Мобилизация байбихьизе буго рехсараб лъазаби къватIибе кьураб къоялдаса, ай 21 сентябралдаса нахъе.

 

   Украинаялда тIобитIулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялда (СВО) гIахьаллъизе кинавниги ахIизе вуго 300 азарго чи. Гьезда гьоркьоре, тIоцебесеб иргаялда, уна рагъулал операциязда гIахьаллъиялъул рахъалъ хIалбихьи бугел ва гьабсагIаталда запасалда ругел аскариялги армиялъе хIажатаб махщел бугел гIадамалги. Чан моцIалъ яги къоялъ гьез хъулухъ гьабизе кколебали бицунеб гьечIо.

РФялъул обронаялъул министр Сергей Шойгуца абуна, СВО унеб бакIалде солдатал-срочникал рачине гьечIилан. Гьелде тIадеги, мобилизациялда гьоркьоре ккезе гьечIо оборонаялъул предприятиязул хIалтухъабиги.

   Путиница абухъе, мобилизациялда рекъон армиялде ахIарал аскариязе кьезе буго контрактниказего гIадаб харж. Военкоматалъ ахIун хадуб армиялда хъулухъ гьабизе инкар гьабурав чиясе тамихI гьабизе буго – лъабгогIан соналъ туснахъ гьавизе вуго.

Дагъистаналъул рахъалдаса РФялъул Пачалихъияб Думаялда вугев депутат Сайгидпаша ГIумахановас абуна, жив хIадур вугила, Украинаялда хасаб операция тIобитIулаго, Россиялъ жинда церелъурал масъалаби тIуразариялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабизе. «Запасалда вугев полковник ва Дагъистаналъул халкъазул ополчениялъул къокъабазул нухмалъулев хIисабалда, БетIерав командующий Владимир Путинил приказалда рекъон, дун хIадур вуго бокьараб заманалда дир тIолабго лъайги, къуватги ва ресги кьун, ДНРалъулги ЛНРалъулги ва дунялалъул бокьараб бакIалда гIумру гьабулел нилъерго улкаялъул халкъазе хIинкъи гьечIолъи цIуниялъул мурадалда лъурал масъалаби тIуразаризе», — ян абуна гьес.

   Дагъистаналъул рахъалдаса РФялъул Пачалихъияб Думаялда вугев депутат, генерал-майор ГIабдулхIаким ХIажиевасги лъазабуна Украинаялда тIоритIулел рагъулал ишазулъ гIахьаллъизе жив хIадур вугин абун. ЦIиял харбазул Федералияб Агентствоялъе кьураб жавабалда гьадин абулеб буго депутатас: «Генерал ва рагъулав офицер хIисабалда, дица, кинабгIаги щаклъи гьечIого, рахъккола ТIадегIанав БетIерав командующий Владимир Путинил ва хIадур вуго бокьараб заманалда, приказалда рекъон, депутатасул тахбакIги тун, рагъухъанасул форма тIад ретIине», — ян.

Гьес тIадеги абуна, хасаб рагъулаб операция тIобитIиялъул рахъалъ Россиялъул президентасул тIубанго рахъкколин абун. «РакIчIун абила: гьеб буго, бакътIерхьул улкабазул нухмалъулел ракълилаб къотIи гьабизе рачIунгутIиялъ Москваялъ чарагьечIого тIамизе ккараб гали», — ян пикру загьир гьабуна генералас.