БахIарзазе къулана бетIер

 

    ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов щвана Рфялъул Миллияб гвардиялъул Балашиха шагьаралда бугеб госпиталалде. Сапаралъул мурад букIана госпиталалда ругел дагъистаниязде – Украинаялда тIобитIулеб бугеб хасаб рагъулаб операциялъул гIахьалчагIазде ваккизе щвей.

ДРялъул бетIер Сергей Меликовасул рахъалдаса лъукъарал аскариязе баркала кьуна ГI. ГIабдулмуслимовас, гьарана гьезие щулияб сахлъи ва абуна, нагагь киналгIаги квалквал-квекIенал кколел ругони, кумек гьабизе хIадураб буго республикаялъул нухмалъиян абун. «Нужеца гьабураб ва фронталда ругез жакъаги гьабулеб бугеб иш щивав чиясухъа гуро бажарулеб. Инсан вижудасаго хIадурлъуларо бахIарчилъиялде, рагъухъанлъун вукIин – гьеб бессун букIуна бихьинчиясул чорхолъ. Гьелъие къваригIуна хасаб яхI, къвакIи. Дица бетIер къулула нужеда цебе ва ургъел гьабула нужер сахлъиялъул, щайгурелъул нуж руго нижер вацал. Нижее кIудияб пашманлъилъун буго нужгун рукIарал аскариязул цо-цоял гIумруялдаса ратIалъи.

   Нужер щивасда нахъа буго хъизам, тухум, кьибил, гIагараб росу, Дагъистан. Бокьун буго нужеда абизе: ниж кидаго нужеда хьолбохъ руго. Нижеда цебечIараб аслияб масъала буго сундулъго нужее квербакъи, хIажаталъур хIалае рахъине къачIан рукIин», — ан бицана хIукуматалъул председателас.

  Гьев дандчIвана госпитала­лъул нухмалъулелгун. Гьес тохтурзабазеги госпиталалъул тIолго хIалтIухъабазеги баркалаги кьуна – ни­лъер рагъухъабазул тIалаб гьабиялъухъ.