18 чиясе кьуна машинаби

ХIалтIуда сахлъиялъе зарал ккаралги кIочон толаро

 

Россиялъул социалияб страхованиялъул фондалъул ДРялъул отделениялъ, производствоялда къварилъиги ккун, сакъатлъарав 18 чиясе кьуна «Лада Гранта» маркаялъул машинаби.
Гьел хьезарун руго мугъзагьодгун бох-квер сакъатлъарав чиясе машина бачине санагIатал алатаздалъун. Щибаб машинаялда буго кондиционерги АБС-тормозалги.
Производствоялда сакъатлъарав инвалидасул ихтияр буго щибаб анкьго соналдаса хасаб автотранспорт кьеян хитIаб гьабизе. Гъоркьиса машина кьун букIана 25 чиясе.

4,5 млн гъуршиде кумек гьабуна
Мискинзабазул рохел — закагIат кьолел гIемерлъи

«Инсан» гурхIел-рахIмуялъулаб фондалъул пресс-хъулухъалда бицухъе, рамазан моцIалда жаниб закагIаталъе бачIараб садакъа кьун буго 397 хъизамалъе ва гьеб киналъулго къадар бащалъун буго 4630004 гъуршида. Фондалъул вакиласул рагIабазда рекъон, кумек гьабун буго закагIат щвезе кколезул гIицIго 11 проценталъе.
«Кумекалде ккарал цIакъго гIемер руго. Гьел киназего кумек гьабичIого рес-
ги гьечIо. Гьединлъидал нижеца ракI-ракIалъулаб баркала загьир гьабула закагIат бахъаразеги хIажатазухъе квер битIанщиназеги», — ян абуна фондалъул пресс-хъулухъалда.