Жакъасеб къоялъул хIакъикъат

Миллаталда кьаву рекIунеб буго

 

МацIазул къаданиб зани щай чIвалеб?!

РекIел чIвабзаз рачунел талихIкъосарал бакънал

Зама-заманалдаса магIарухъе щолелъул, ракIалде кколаан лъидайин кIолеб нилъехъа гьаб берцинлъи бахъизейилан. Амма гьеб къуват букIун буго нилъехъ­го, дагъистаниязухъ. Миллаталги мацIалги гIемерлъиялъ берцин гьабун букIана Дагъистан, хIатта Россиягицин кIудияб букIана мацIазул бечелъиялъ. МацIал батIиял, амма хьулалги анищалги цо ругел гIадамаз гIажаибаб гугьар рещтIинабун букIана киса-кибего. МацIазул гIемерлъиги гIадамазул цолъиги — гьеле гьеб букIана Россия­лъу­л аслияб чIухIиги, тIадегIанлъиги, борхалъи­ги. Гьанже гьеб чIухIи сверулеб буго бухIиялде.
Циндаго Дагъистаналъул баракатаб ракьалда пирхана рокьукъаб пири. Гьелъ чIурхIун лъезехъин руго гIасрабаз нилъер чIухIилъун рукIарал адабиятги, маданиятги, гIадаталги. Миллаталда кьаву чIвазе байбихьарал гьал къоязда нилъер щивасул, ай хадусел наслабазул букIинеселъул ургъалида ругел дагъис­таниязул, рекIел чIвабзазги рачине байбихьана магIил цIурал пашманал бакънал. Гьел бакънал рагIичIо халкъалъ рищарал цо-цо депутатазда. Ва гьез загьир гьабуна жидерго рохел — гьел тIадрекъана Россиялъул Пачалихъи­яб Думаялъ къабул гьабизехъин бугеб рахьдал мацIал лъималазе бокьани гурони малъизе кколарин абураб цIакъго загIипаб пикруялда.
Бахъуге халкъалъухъа ТIадегIанас кьураб гьеб рахIмат. Биччанте школазда рахьдал мацIал малъи тIадаблъун хутIизе. Щай нуж хIинкъуларел халкъалъул нагIанаялдаса!? Цин инкар гьабила мацIалдаса, хадур рикIкIад гьарила дунялалъго бетIер къуларал къадруял гIадатаздаса, бидуца хъвараб тарихалдаса, тарихалъул бицунеб адабияталдаса. Цинги щалха нилъ кколел!?
РакIалдецин кколароан гьадинаб суалгицин бачIинин миллатаз берцин гьабун бугеб Дагъистаналдайилан. БичIчIулеб гьечIо — щиб пайдагIаги бугеб мацIал школалда малъи мукъсан гьабиялдаса. Кинаб культураялдаса нилъеца инкар гьабулеб бугеб. СогIал мугIрузул согIал законаз куцалеб гIел нилъеца хисизехъин буго, кIудиял гIедал, жидерго умумул ралагьизе ругеб гIелалдалъун. Бугищ жакъа нилъер ихтияр имам Шамилидасаги, гьесул наиб ХIажимурадил бахIарчилъиялдасаги, ХIамзатил Расулидасаги, ватIаналдаса рикIкIадги Дагъистаналъухъ угьдарав Халилбег Мусаясуласдасаги ва Дагъиста­налъулги Россиялъулги цIар ду­ня­лалда рагIизабурал васаздасаги ясаз­дасаги чIухIизе ихтияр. Унго-унго рагIиларелищха нилъе­р нас­лабазда магIарул мацIалда Ма­хI­мудил рокьул жугьабиги, ЦIадаса ХIам­затил гIужилаб каламги, Инхоса ГIа­лихIажиясул философиял асаразул гIакъиллъиги!
Щай гьикъизе кколеб лъималазда гьезие рахьдал мацIазул дарсазде ине бокьилищилан. Киналго предметазул дарсазде бокьунищ гьел унел? Гьикъеха гьезда гьебги. Лъималазда гурхIунищ гьеб гьабизехъин бугеб? БитIараб буго — гIумруялъго тIалаб гьабулеб буго гIурус, ингилис ва цогидалги мацIал лъай. Амма гьел лъаялъе рахьдал мацIаз квалквалищ гьабизе бугеб!?
ТалихIалъул бакъул цо чIор, эбги аслияб, камураб Дагъистан. Батизе бугебдай гьелъул гъасда эбелалъулаб хинлъиги инсулаб тIалабги хадусел наслабазда. Гьеб чIоралъул гвангъи лъугIани, сун инарищ цогидал чIоралги. Миллаталъул борхалъуде нух къосараб гIел жагьиллъиялъул кIкIалахъе гирун инагури.

Рахьдал мацI — гIумруялъул аслу
ва байбихьи

29 маялда, Журналистазул рокъор данделъун рукIана магIарул мацIалъул букIинеселъул ургъел бугел магIарул миллаталъул вакилзаби: гIалимзаби, шагIирзаби, хъвадарухъаби, магIарул мацIалъул учительзаби (гьел рачIун рукIана магIарул щибаб районалдасаги). Гьел киналго данде гьаризе кIудияб хIаракат бахъана магIарул мацIалъул учительзабазул ассоциациялъул нух­ма­лъулей Баху МухIидиновалъ. Гье­лъу­л ахIуе жавабги гьабун, данделъи­ялде рачIараз ракIунтун бицунеб бу­кIана магIарул мацIалъул къисматалъул. Данделъи рагьана ва нухда бачана Баху МухIидиновалъ. Гьелъ бицана магIарул мацI лъималазда кIочене гьабизе байбихьун бугеб «бахIарчияб» хIалтIул хIакъалъулъ. Абизе бегьула гьеб данделъи букIанин магIарул мацIалъухъ тIолеб унго-унгояб магIуйилан. Цо-цоязда ракIалде ккезе бегьула гьитIинаб жо кIодо гьабулел ругилан. ГьитIиналъха лъолеб байбихьи кIудиял ишазе.
Рахьдал мацIаздехун жакъа бугеб бербалагьиялъул хIакъалъулъ жидерго пикраби загьир гьаруна гIалимзаби, профессорал Загьир ва Велибег Мирзабеговаз, ДГПУялъул гIалимчи Му­хIамад НурмухIамадовас, Тахо-Годил цIаралда бугеб педагогикаялъул институталъул гIалимчи ХIайбула Вакиловас, жамагIатчи, гIалимчи Шамил МухIидиновас, Дагъистаналъул мустахIикъай учитель, Гъизилюрталдаса Сарат МухIумаевалъ, шагIир ТубхIат Зургьаловалъ, батIи-батIиял шагьаразда ва районазда хIалтIулел ругел рахьдал мацIазул учительзабаз. РекIее кIудияб асар гьабуна, магIарулаз байбихьараб гьаб пайдаяб ишалъул рахъккун, дандеруссиналде рачIарал Дагъистаналъу­л киналго миллатазул вакилзабазул кIалъаязухъ гIенеккидал. Киналго кIалъаязул букIана цохIого цо мурад — хадусел гIелазе миллатги мацIги цIуни ва школазда рахьдал мацIазул дарсазде лъимал хьвади тIадаблъун хутIи. ТIокIаб батIияб, тIубазабун бажарулареб тIалаб букIинчIо. Данделъиялда гьединго хитIаб гьабуна Пачалихъияб Думаялъ цебе босизе бугеб проекталъул рахъккурал ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаздеги.

Шамил МухIидиновасул кIалъаялдаса

РагIизе те ирсилазда умумузул рагIиги, мацIги, гьаракьги, гьездасан бачIунеб яхIги, бахIарчилъиги, чилъи­ги. Нилъехъаги рорчIани, умумузул хазинабиги цIуничIони, гьел жидерго кваркьиялде гъоркье рачине хIадурун руго хъубаб хьвада-чIвадиялъул мекъи ккарал къавмал. Те нилъер школазда дагьабниги яхIги гIаданлъиги бижизабулел предметал. Хвезаруге, гIемераб къобихьун, гьунар бугел учительзабаз гIуцIарал школал. Малъе бокьарал мацIал. Гьезул зарал букIунаро. МацIаз гуро гIадамал къосинарулел, мацI лъаларел, гIакълу биларал гIадамазин. Дие магIарул мацI тIагIин буго магIарул халкъ тIагIин, гьезул махIги яхIги — кинабго лъугIи.
ТубхIат Зургьаловалъул кIалъаялдаса

ТIокIаб ургъелги агъазги гьабизе, гьукъизе жогийищ камун бугеб нилъер кIудияб пачалихъалда, тIогьол квацIи гIадин жиб берцин гьабулел миллатазул мацI, эбелалъул рахьдада цадахъ гьезул бидурихьазулъе тIинкIараб мацI, гьезул ракIазулъги пикрабазулъги бекьараб мацI, билълъанхъизе гьанжего гьанже байбихьараб лъимералъул квачIаз, бортилин хIинкъун, хапун кколеб эбела­лъу­л квер гIадинаб гIагараб мацI гьел миллатазухъа кьурун кодоса бахъи гурони.
Рахьдал мацI рокъоб малъани гIолин лъугьунел руго цо-цо жагьилзаби. Амма диалекталги цоцазда ричIчIуларел мацIалги ругел нилъер росаби ругел магIарулазе ургъараб жо буго болмацI, ай литературияб мацI.
Гьеб, нилъ цоцазда ричIчIизелъун бугеб болмацI, адабияб мацI, берцинаб, гьуинаб мацI малъула школалда. Гьединлъидал хIажат буго миллата­лъул букIинеселъе гIоло школазда рахьдал мацIал малъи тIадаблъун гьаби. Нилъехъе нилъер бахIарчиял умумуз кьураб бищун хирияб хазина буго рахьдал мацI. Гьеб тIагIани, тIагIуна миллат. Жакъа гьеб цIуни нилъее гъазаватлъун лъугьун буго. ХинкIги миллатги цо цIадирабазда лъолезда лъай абе, тарихалда, бахIарзазул гурелги, хиянатчагIазулги цIарал хутIулеллъи.

Бахъуге нижехъа умумузул мацI

ЛъугIана рахьдал мацIал цIунун тIобитIулеб иргадулаб данделъи. РатIалъана дагъистаниял, къварилъиялъулги пашманлъиялъулги гьурмалги цIун. РагIилародай нилъер гьаракь нилъецаго гьаркьал кьурал нилъерго Халкъияб Собраниялъул нилъерго депутатаздаги улкаялъул тахшагьаралдаги. Щивасул рекIелъ ургъалабазул мугьру чIвараб гьадинаб данделъиги ахирисеблъун батаги дагъистаниязе.
Шамай Хъазанбиева