ЦIидасан холел руго тюлленал

 

   Ахираб кIиго анкьида жаниб хвараб 30 ралъдал гьой (тюллень) батана Каспиялъул рагIалда.

ДГУялъул экологиялъул институталъул нухмалъулев ГIалимурад ХIажиевасул баяналда рекъон, киналго ралъдал гьоял ратана тIад тIомалъе щибниги гъая ккечIого, ругъун лъечIого хун. Гьединлъидал тюлленал цадахъго хвеялъе гIилла букIине бегьула цо — гьезда кинаб букIаниги гIузру ккей.

  Каспиялъул рагIалда гъоркьисаги батун букIана гьединго хвараб 200 ралъдал гьой. 2020 соналда абуни — 300.

ГIаммаб къагIидаялъ, киналго эксперталги тIад рекъон, доб мехалъ гьел хвеялъе гIиллалъун рехсон букIана Каспий ралъдал тIиналдаса къватIибе пунхъун бачIараб метаналъ гьел гъанкъун хвей.

  Хварал тюлленазул цо бутIа абуни чIван батана ралъдал цIогьабаз-браконьераз.