Бищун лъикIав таксистасда цIар чIвана

 

 

  Гьал къоязда Грозныялда тIобитIана «Россиялъул бищун лъикIав таксист-2021» абураб къец.

Гьениб тIоцебесеб бакI щвана Грозныялдаса Рамазан Арсанукаевасе. Чачан Республикаялъул хIукуматалъ гьесие сайгъат гьабуна Hyundai Solaris автомашина.

КIиабилеб бакI кьуна дагъистанияв ГIалил ГIумаровасе. Гьесие шапакъаталъе кьуна 100 000 гъурущ.

Конкурсалда гIахьаллъана кинавниги 24 таксист.

   Гьеб тадбиралде вачIун вукIана Татарстаналъул президент Рустам Миннихановги.