Донецкалъул майданалда лъуна НурмухIамад ХIажимухIамадовасул цIар  

 

   Донецкиялда Конституциялъул майданалъе кьуна Россиялъул БахIарчи НурмухIамад ХIажимухIамадовасул цIар.

Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ДНРалъул нухмалъулев Денис Пушилиница, БахIарчиясул цIарги босун хварав нилъер ракьцоясул эмен Энгельс ХIажимухIамадовас, гьединго Донецк шагьаралъул администрациялъул нухмалъулев Алексей Кулемзиница.

   Официалияб тадбир лъугIун хадуб, НурмухIамад ХIажимухIамадовасул цIар тIад хъвараб мармаралъул къоноялда цере тIугьдул лъуна киназго. Гьеб майдан буго Донецк шагьаралъул бакьулъ, Кальмиус абураб гIоралда аскIобегIан.

 А. ЮСУПОВ