Рагъул хъулухъчагIазул хъизамазул тIалабалда  

 

 

    10 маялда ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов дандчIвана Украинаялда тIобитIулеб хасаб операциялда чIварал рагъулал хъулухъчагIазул хъизан-лъималгун.

Гьезда зигараги бан, сихIкъотIиялъул лахIзаталдаса хадуб Меликовас абуна гьел гIолохъабаз такрар гьарунин КIудияб ВатIанияб рагъда жидер умумузулго ишал.

Гьединго бицана гьезул хъизаназе киналго рахъалъан кумек гьабизе хIукуматалъул идараби хIадур рукIине кколиланги. Федералиябгун республикаялъул даражаялда гьезда кверчIвазе бугеб куцалъул бицана ДРялъул рагъулав комиссар Даитбег МустIафаевасги захIматалъулгун социалияб цебетIеялъул министр ГIабдурахIман МахIмудовасги.