Дида ккола рагъда камурал васал Кирго рукъун гьечIин, къанабакь лъечIин

 

 

    9 маялда Бергьенлъиялъул парад тIобитIана Каспийскиялдаги. Гитлерил гIащтIичагIазда тIад советияб халкъалъ босараб бергьенлъиялда хурхун республикаялда тIобитIулеб аслияб тадбир гьениб гьабизе хIукму ккаралдаса исана лъабабилеб сон буго. Бергьенлъиялъул Парад байбихьана Каспийскиялъул флотилиялда хъулухъ гьабулел гIолохъабаз майдан къотIун, РФялъул пачалихъалъул ва гьединго Бергьенлъиялъул БагIараб байрахъ босиялдалъун. Пачалихъалъул байрахъ кодоб ккун букIана лейтенант Евгений Левченкохъ, бергьенлъиялъул БагIараб байрахъгун, гьесда хаду-хадув вукIана лейтенант Александр Галактионов.

 

   Гитлерил фашизмалда тIад Советияб улкаялъ КIудияб Бергьенлъи босаралдаса исана тIубана 77 сон. Нилъер улкаялда гьеб къоялда хурхун гIемерал тадбиралги тIоритIана. Лъица щиб бицаниги, чанго нухалда тарих хисизабизе хIалбихьаниги, 9 май хутIана нилъер халкъалъе гIаммаб, киналго миллатазул рекIелъ цого дандерижиялъул гьаракьгун лъалхъулеб, унго-унголъунги халкъияб байрамлъун. Сонал сверила, гIасраби ина, амма щибаб соналъ 9 май тIаде щвейдал наслабазул рекIелъ цIидасан угьдила рагъул майданалда къанщарал умумузухъ бугеб угьи, гьезул цIаралда хъван бахъинчIеб кечI, ахIун бахъинчIеб сарин, тIинкIичIого хутIараб магIу…

 

 

КIикъого миллион бер къанщана ватIаналъе

 

 

  9 маялда Бергьенлъиялъул парад тIобитIана Каспийскиялдаги. Гитлерил гIащтIичагIазда тIад советияб халкъалъ босараб бергьенлъиялда хурхун республикаялда тIобитIулеб аслияб тадбир гьениб гьабизе хIукму ккаралдаса исана лъабабилеб сон буго. Пандемия жеги тIубан гIодобцун букIинчIолъиялда бан, гъоркьиса парад тIобитIана гIемерал гIадамалги гIахьаллъичIого. ХIатта, гIемерисел журналистазеги щун букIинчIо гъоркьиса гьенир гIахьаллъизе рес. Исана щвана.

   СагIат ичIго тIубазе дагьалго минутал хутIидал, щвана Каспийскиялъул Ленинил цIар лъураб майданалде. Гьениб кинабго хIадурун букIана парадалде. Трибунаялда аскIор кьерухъе лъурал бакIазда хIурматиял гьалбадерие тарал бакIал чIорого ругоан жеги. Нахъехун кьерда гIодор чIарал чагIазда цадахъ кIусун ругезда гьоркьоб берчIвана Миллияб политикиялъул ва диниял ишазул рахъалъ министр Энрик Муслимовасдаги, Хъвадарухъабазул Союзалъул нухмалъулев МухIамад АхIмадовасдаги, имам Шамилил фондалъул нухмалъулев ГIалиасхIаб Хархачаевасдаги.

Майданалъул бащалъи ккун букIана къамартIго ретIа-къарал, хъахIал квердаххелал тIад ххурал, автоматги каранде къан эхетарал гIолохъабаз. ХъахIаб, хъахIилаб, гIурччинаб кьералъул рагъулаб ретIел гьезда цIакъ рекъон букIана. Жалгоги гьел цIакъ рекъон рукIана гьеб къоялъ Каспийскиялъул аслияб майдан бакьулъ. ГIадамазул ракIал рази гьаризе хIадурго, хIухьел ккун, Парад байбихьиялъухъ ралагьун чIун рукIана аскариялги. СагIат анцIго тIубазе цо минут хутIарабго гIадамазда гьоркьоб лъалаго багъа-бачари лъугьана. Киназулго кIвар гьенибехун буссана. ХъахIаб Рукъалъул хIакимзабаз бакьулъеги ккезавун вачIунев республикаялъул нухмалъулев Сергей Меликовасде буссана киназулго кIвар. Рохалилаб къоялъ гурони тIад ретIунареб гIурччинаб кьералъул генераласул ретIелги ретIун, орденмедалаз къалъизабураб керенгун вачIунев вугоан гьев. Хадуб бехъерхъун жидерго алаталгун, гьев гIужие восизе рекерана журналисталги телеоператоралги. Цересел кьерда ругел гIадамазул кверги босун, КIудияб ВатIанияб рагъул ветеранасда ва дагьав цевегIан Украинаялдаса вуссарав Донбассалъул бахIарчи Марат Халикъовасда аскIов гIодов чIана республикаялъул бетIер.

   Гьединаб сурат букIана парадалда цебе Каспийскиялъул майданалда.

Бергьенлъиялъул Парад байбихьана Каспийскиялъул флотилиялда хъулухъ гьабулел гIолохъабаз майдан къотIун, РФялъул пачалихъалъул ва гьединго Бергьенлъиялъул БагIараб байрахъ босиялдалъун. Пачалихъалъул байрахъ кодоб ккун букIана лейтенант Евгений Левченкохъ, бергьенлъиялъул БагIараб бай- рахъгун, гьесда хаду-хадув вукIана лейтенант Александр Галактионов. КIиясдаго хьолбохъ ва цеве-це- ве вилълъунев лъаб-лъаб офицерги вукIана. Къокъ гьабун абуни, Бер- гьенлъиялъул парадалда, Москва- ялъул БагIараб майданалда, нилъеда цебеккунги бихьараб къагIидаялъ гьабулеб букIана кинабго. Парад рагьана Каспийскиялъул флотилиялъул нухмалъулесул заместитель, контр-адмирал Анатолий Долговас.

Парад къабул гьабурав флотилиялъул штабалъул нухмалъулев, контр-адмирал Николай Якубовскияс, кьерухъе чIарал рагъухъабазда цевеги лъалхъун иргадал гьезда бар- кана КIудияб Бергьенлъи босаралдаса 77 сон. Щибаб баркиялдаса хадуб гьурраги ахIана. Контр-адмирал нахъвуссун трибунаялде цеве щва- равго, дикторасул гьаракьалъ лъаза- буна гьабсагIат президент кIалъазе вугилан. КIудияб телеэкраналдаса киназдаго вихьана Москваялъул БагIараб майданалъул бакьулъ эхета- рав Владимир Путин

  9 маялда Парадалъухъ балагьун рукIун ратани, нужеда рагIун ба- тила исана гьесул кIалъай тIубанго батIияб букIараблъи. Путинил гьаракь исана кьварун букIана. Украинаялда рагъул кор боркьизе хIаракат бахъарал СШАялъул ва гьезие «гъоркьпалугьанлъи» гьабурал пачалихъаздаса бугеб ракIхвей бахчулеб букIинчIо президентас.

 

 

«Дихъе ярагъ кьун буго, кьварарал умумуца»

 

   «Гъоркьиса декабралда нижеца хIалбихьана НАТОялъул нухмалъиялъулгун ракълилал кIалъаял гьаризе. Би тIей чIезабизе ва гIадамазда тIад гьабулеб зулму лъугIизабизе ахIана нилъер улкаялъ гьел. Амма гьез нижер гьариялъухъ гIинтIамичIо. ТIадежоялъе гьел тIадчIун хIадурулел рукIун руго Украинаялъул Донбассалда рагъул кор тIадеги гьелегьинабизе. Рагъулаб къуватги яргъил сурсатги цIикIкIинабизе ургъулел ратана гьел. Гьеб буго нахъегIанал гIащтIичагIазул ва къабихIал зулмучагIазул вахIшияб сиясат.

Гьезие бокьун букIана жидерго мурадазда рекъон Россияги хIалтIизе, жидерго зурмида гъоркь нилъер улкаги кьурдизабизе. Амма нилъер кIудияб улкаялъул инсанияталда, ватIаналда, жиндирго халкъалда цере ругел ишалги мурадалги думалъго батIиял руго. Эбелаб ватIан цIунизе, гьелъухъ ахирияб рухI барахщичIого кьезе хIадурал, бахIарчиял гIадамал нилъер рукIин гьезда кIочон батана. Амма нилъ эбелаб гьаялъе абадиялъего ритIухъаллъун рукIин нилъеца бихьизабуна хIалихьатаб агьлуялда.

 

   Жакъа БагIараб майданалда эхетун руго нилъер кIудияб улкаялъул рикIкIен гIемерал рагъулал бутIабазда хъулухъ гьабулел лебалал васал гурелги, Украинаялда хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъи гьабулел рукIарал гIолохъабиги. Гьел гьанире рачIана Донбассалда- са, битIахъего, рагъул кор гьелегьун букIараб рагъул майданалдаса.

КIудияб ВатIанияб рагъул заманалда гIаммав тушманасда данде рагъулел советиял аскаразда гъорлъ гIемер рукIана Украинаялдаса азаазар рагъухъанги. Доб мехалъ нилъ вацлъиялда, берцинлъиялда рукIана. Нилъеда кидаго кIочон теларо гьезул цIарал. Жакъасеб Украинаялъул аслуго билараб цIияб наслуялда кIочон таниги, гьезул бахIарчиял ишалги цIарги нилъеда кIочон гьечIо.

  Гьединго кIочон гьечIо нилъеда союзалъулаб армиялда цадахъ гъеж гурун, Гитлерил гIащтIичагIазда данде рагъулел рукIарал СШАялъул рагъухъабиги. Дида лъазабуна жакъасеб парадалда гIахьалъи гьабизе бокьун рукIарал, чIаго хутIарал ветераназе СШАялъул нухъмалъиялъ нух къан бугин жакъа гьанире рачIине. Амма дица жакъаги бетIер къулула СШАялъул ветераназе, 77 соналъ цере дир умумулгун цадахъ гьез хIехьараб къоялъухъ, баччараб захIматалъухъ ва бищунго аслияб жо — гьез тIураб биялъухъ.

БакътIерхьул улкабазе бокьунилан, тарих жакъа хисуларо. Гьез нахъе хъвагIазе гуро нилъер умумуз ункъо соналъ би тIураб ВатIаналъе гIоло. Гьезул бидуца хъвараб тарих нахъе бикIизе жакъа лъилниги ихтияр гьечIо ва гьезул къуватгун бажариги гIоларо гьелъие.

ЧIахъаги нилъер КIудияб Бергьенлъи. Рагъда къанщарал нилъер умумузе абадияб рецц. Гьурра!»

 

 

   Гьединаб, кIудияб магIна жаниб лъураб, кIалъай гьабуна президен- тас. Гьел рагIабаз чанги чиясул рекIелъ би гьалдезабун батила. Ва чанги гIолохъанчиясулъ цIидасан ярагъ кодобе босизе бугеб гъирашавкъ борчIизабун батилеблъи хIакъаб буго.

Гьесдаса хадув кIалъана нилъер республикаялъул бетIер Сергей Меликовги. СШАялъул ва бакъбаккул улкабаздехун бугеб ццимги рокьукълъиги загьир гьабуна гьес.

Меликов кIалъан вахъиндал, улкаялъул гимналъухъги гIенеккун, майдан къотIун ана парадалъул гIахьалчагIи. Кьералда, каранде автоматалги къан, разиял гьурмалгун цересан унел гьезухъ балагьидал, рохалил ва чIухIиялъул асар рещтIуна рекIелъ. Буго Бергьенлъиялъул Парадалда жанибги цо бицун бажарулареб берцинлъиги, балъгояб къуватги, эбелаб ватIаналдаса бугеб чIухIи цебе рехулеб борхалъиги.

 

Каспийскиялъул ахирияв ветеран

 

   Парадалъул официалияб бутIа лъугIигун, цоцада аскIоре инеги, суратал рахъизеги эркенго рукIинеги рес щвана гIадамазе. Гьениб лъай-хъвай ккана дир Каспийскиялда гIумру гьабун вугев ГIахъуша районалдаса КIудияб ВатIанияб рагъул ветеран Муса Багьавудиновасулгун. Исана гьес бан буго 98 сон. КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазул Каспийскиялда, жакъа чIаго ругезул, цо гьев гурони ватиларин хIисаб гьабуна дица. Кин батаниги, рагъул ветераназул гьев тун батIияв чи 9 маялъул парадалда вукIинчIо. Киназулго пикру гьесдехун буссун букIана. 98 сон барав ветеранасухъ къокъабго букIаниги, интервью босизе ирга щоларого рукIана республикаялъул ва федералиял телеканалазул журналистал. Гьезул гурулъа цевеги ворчIун, диеги рес щвана гьесие чанго суал кьезе. КIиго кIудияв вац чIванилан чIегIер бараб кагъат бачIун хадуб, 1943 соналъул риидал ун вуго ГIахъуша районалдаса гIолохъанчи Муса фронталде. Рагъул нух байбихьун буго Кавказалдаса тушман эркен гьавулаго. Вагъулаго Сталинградалде, гьениса Европаялъул ракьалде щун вуго Муса Багьавудинов. Чехиялъул тахшагьар Прагаялда лъукъун вуго. Лъукъел захIматаб батун, тохтурзабаз госпи- талалдаса рокъове валагьизавунин жив 1945 соналъул их тIаде щола- гоян бицана гьес. Бергьенлъиялъул хIакъалъулъ рохалилаб хабар гье- сухъе щун буго инсул росулъе нахъ вуссун хадув. 98 сон баниги, гIураб чIаголъиялда вугоан гьев.

   Гьединаб букIана 9 маялъул Парад Каспийскиялда. Тахшагьар МахIачхъалаялда, гьединго респу- бликаялъул киналго шагьараздагун районазда «ХвелгьечIезул аскар» абураб акцияги тIобитIана. Рагъдаса руссинчIел жидерго умумузул сураталги кодор ккун, гьеб къоялъ къватIиве вахъана аза-азар чи. 2012 соналда Сибиралъул ракьалда, Томск шагьаралъул жамгIиял хIаракатчагIаз кьучI лъураб гьеб акциялъул рахъ ккуна тIубараб улкаялъ. Пандемиялъул заманалда гьоркьоб къотIун букIараб гьеб бергьун кIудияб тадбиралъ исанаги миллионал наслабазул вакилзаби цолъизаруна.

Ашахан Юсупов