Школаздагун яслиязда — гьереси-харбал

 

 

  5 маялда дарсал кьезе бажаричIо МахIачхъалаялъул школазда. Гьединго гьенисанго гIадин, ясли-ахаздасаги нахъе ритIана лъимал.

Гьелъие гIиллалъун ккана лъай кьеялъул чанго идараялда кьвагьулел жал лъун ругилан информация тIибитIизаби.

   Амма,  талихIалъ, МВДялъ гьелда хурхун батIияб лъазаби гьа­бичIолъиялъ, гьеб баян гьересияб батилин тана. БукIаниги, гьелъ гIезегIан чиясул рекIелъе рахIатхвей рещтIинабуна. ГьанжегIагар гьединалго гьереси-харбал Белгород областалдаги раккун рукIун руго.