«Гьорол эбел»

 

 

   12 апрелалда рахъарал гьураз дагьа-макъаб букIаниги зарал гьабуна республикаялда. МахIачхъалаялда гъутIби регизаруна, токалъул кварал тIезаруна.

Каспийскиялда, Ленинил цIаралда бугеб къотIноб, гIемертIалаяб минаялъул къададаса тIун бачIараб гачил кесек дагьалъ хутIана гъоркьан унел рукIарал гIадамазда тIад речIчIизе. ТалихIалъ, лъиениги къварилъи ккечIо.