ЖамагIатчагIазул хIалтIи цIи гьабизе буго

 

13 апрелалда ДРялъул хIукуматалда тIобитIана батIи-батIиял идарабазда, муниципалиял гIуцIабазда цере гIуцIарал жамгIиял советазул хIалтIи цIи гьабиялъул бицараб данделъи.

   ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдул­мус­лимовасда цадахъ гьелда гIа­хьаллъана Халкъияб Собраниялъул комитеталъул председатель Анатолий Карибовги, батIи-батIиял министралги, республикаялъул Жам­гIияб палатаялъул председатель ГIабдулмуъмин Ибрагьимовги, гражданияб жамгIият цебетIезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб Советалъул председатель Зикрула Ильясовги.

    Бицен гьабулел гьел жамгIиял советал гьанжелъагIан гIуцIун рукIана тIасахун, ай нухмалъулесул бихьизабиялда рекъон. Гьанже ЖамгIияб палатаялъ хIадурулеб буго гьенире вакилзабазул бащадаб къадар жидеца рихьизаризе рукIиналда хурхараб законалъул проект. Гьелда рекъон, хутIаразда цIар чIвазе буго муниципалияб гIуцIиялъул собраниялъ.

   Данделъиялда рорхана чарагьечIого жамгIияталъ кIвар кьезе ккарал цо-цо суалалги. Масала, жамгIиял гIуцIабазул рахъалдасан З. Ильясовас цебе лъуна ахираб заманалда киназго рехсолеб бугеб республикаялда рахьдал мацIал лъазариялъул суал.

   ГIахьаллъараз бицана школаз­да рахьдал мацIалъе рихьиза­ру­рал са­гIтал дагь гьаризе бегьунгутIиялъул, Дагъистаналъул телевидениялдасагун радиоялдасан кьолел миллиял передачабазул заман цIикIкIинабизе ккеялъул ва школазда рахьдал мацIазул экзаменал кьезе кколеб хIал букIинабиялъул хIакъалъулъ. 

   Гьеб пикруялъул рахъккуна ГI. ГIабдулмуслимовас ва лъай кьеялъул министр ЯхIя Бучаевасе гьенибго тIадкъайги кьуна, школазул директорзабиги гIахьал гьарун, гьеб суалалда тIасан данделъи тIобитIейилан.