Криптокабинабиги, виртуалиял АТСалги, ХачтIа хъутаналдаса интернетги

 

 

   Гьал къоязда «Ростелеком» ПАОялъул Дагъистаналда бугеб филиалалда тIобитIараб пресс-конференциялда данде росана гъоркьиса гьез гьабураб хIалтIул хIасилал.

Журналисталгун дандчIвана филиалалъул нухмалъулев Руслан ЯрахIмадовги цифровияб цебетIеялъул рахъалъ ДРялъул министр Юрий ХIамзатовги.

Байбихьуда министрас бицана шагьараздаса рикIкIад ругел нусгоялде щвезегIан чияс гIумру гьабулел росабалъ сотовияб бухьеналъул вышкаби лъезе хираго чIолелъул, гьениб интернет УЦН (устранение цифрового неравнства) программаялъул кумекалдалъун пачалихъалъ чIезабулеб бугин.

 

 

   Масала, гъоркьиса декабралдехун интернет бачун буго республикаялъул 40 районалъул 309 росулъе. Школазда, тукабазда, росабазул администрациязда гIагарлъухъ чIобого интернеталъул сигнал бачIунел точкабиги лъун. 2019 соналдаса нахъе росабалъ пайда босун буго 400 терабайталдаса. Бищун гIемер гьеб хIалтIизабун буго Гъизляр районалъул Сангиши, ДахIадаев районалъул Шадни, ЦIумада районалъул Хъварщи росабалъ. 

   Руслан ЯрахIмадовас бицухъе, гIисиналин ккарал цо-цо росабалъ тIубараб республикаялъцин пайда босуларебгIанасеб трафик хIалтIизабун батулеб буго. Масала, хъутаналъул ракьалда бугеб Хунзахъ районалъул ХачтIа росу рехсана гьениб цIикIкIун интернеталдаса пайда босулеб бакI хIисабалда. Сбербанк-онлайнгун пачалихъиял хъулухъазул сайталде раккизе къваригIаралги, фильмабазухъгун концертазухъ балагьизе бокьаралги, соцсетаздаса гIебеде «тира-сверулел» рукIунелги – киналго цо точкаялда аскIоре ракIарулила.

   Гьанже къватIисел пачалихъаз санкциялги лъазарун, Россиялда лъугьараб ахIвал-хIалалда бан журналистаз кьураб суалалда тIасан Р. ЯрахIмадовас абуна жидее гьелъул хIинкъи гьечIила. Цо компания­лъулгун иш данде ккечIони, цогидазулгун гьабулила гьоркьоблъи. Жидер интернет хиралъун гьечIинги абуна гьес.

Интернеталъул кумекалдалъун гьеб компаниялъ гьарулел хъулу­хъазул цояб ккола «Умный дом» абулебги.

   «Сон-церекъад мугIрузул цо росулъе щун вукIана дун. Гьенир гIумру гьабулел рос-лъадуца жидерго телефоналдасан бихьизабуна дида жидецаго телефоналдасан пылесосги, кондиционерги, цогидаб техникаги биччалеб куц. ВахI, гьаб лъица нужее гьабурабилан гьикъидал, шагьаралда вугев васасилан жаваб кьуна гьез. Гьединлъидал шагьаралдайин, росулъин абун батIалъи гьечIо – кирго чIезарулел руго гIадамаз жидеего бигьалъаби. Гьелдаго релълъарал «Умный» жал жеги руго – счётчикал, домофон, шлагбаум», — илан бицана ЯрахIмадовас.

    Гъоркьиса цIакъ гIемер чияс лъун ругоан «Виртуалиял АТСалги». Гьел ккола интернеталъул кумекалдалъун хIалтIулел квар бугел телефонал (цере рукIарал гIадал). Бизнесалъе цIакъ санагIатал жал рагIула гьел, киналго звоноказулги гIадамазул кIалъаязулги хъвай-хъвагIаял гьарулеб. 214 абонентас лъун буго гъоркьиса АТС.

   «Ростелекомалъул» пресс-секре­тарь Лейла МухIамадовалъул рагIа­базда рекъон, «Виртуалияб АТС» лъун буго Азербайжаналъулгун гIорхъода, Ахти районалъул Фий ро­сулъ.

    «Иххал щванщинахъе тIубанго бухьенги канлъи къотIулеб букIун, администрациялъе кумекалъе АТС лъун буго гьениб. Гьединлъидал гьанже Москваялда вугониги, Бакуялда вугониги, администрациялъул бетIерасда лъала росулъ бу­геб ахIвал-хIал. Телефоналда бу­геб хасаб приложениялдасан вир­туалияб АТСалда жанивеги ва­ккун, жиндихъе рачIанщинал звоноказухъ гIенеккула гьев. Кабинеталда вугевго гIадин хIалтIул суалалги тIурала», — ян бицана Л. МухIамадовалъ.

    Бизнес-компаниязгун пачалихъиял гIуцIабаз видеокамераби лъейги 38 проценталъ цIикIкIун буго гъоркьиса. Масала, ЦIунтIа, ДахIадаев, Табасаран ва цогидал районазул администрацияз лъун буго 167 камера. Гьебго заманалда «Видеонаблюдение» лъун буго МахIачхъалаялдасаги Дербенталдасаги 850 чияс.

   Гъоркьиса гIумруялде рахъинарурал чIахIиял проектазул цояб ккола республикаялъул шагьаразда МФЦязда жанир лъурал криптокабинаби. Гьелъул магIна ккола, интернеталдасан гIарзаги кьун, щвараб штрих-кодалда рекъон, жанивеги лъугьун чияс килщазул расенги паспорталъул суратги жиндицаго бахъулеб букIин. Гьелъ бигьалъизабула МФЦязул хIалтIи (гIадамазул иргабиги дагьлъула).

    Гьединал криптокабинаби Чачан Республикаялдаги лъун руго «Рос­телекомалъ». 

  Пандемиялъул заманалда «горячая линия» гIуцIиялъеги кумек гьабуна гьеб компаниялъ. Лейла МухIамадовалъ бицана азарго чияс ахIараб мехгицин букIунаанила. ГIадамаз гьикъулеб букIун буго дарабазул, кинал больницабазде кин къабул гьарулелали, ковидалъ унтаразе чIезарурал бигьалъабазул хIакъалъулъ. Гьанжеги буго гьединабго «линия», амма санкциял лъазарун хадур эхеде арал багьабазда тIасан гIадамаз гIарзал рахъулел руго.