Шамил районалъул бетIерасе изну кьуна

 

   МахIачхъалаялъул Советский районалъул судалъ гьабураб хIукмуги мекъаблъун рикIкIун, ДРялъул Верховный судалъ цIидасанги Шамил районалъул бетIерлъун хIалтIизе изну кьуна МухIамад ХIасановасе.

   Исана лъагIалил байбихьуда районалъул собраниялъул депутатаз гьев кIиабилеб болжалалъги вищун вукIана муниципалитеталъул бетIерлъун. Амма Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб Управлениялъ байбихьараб цIех-рехалда рекъон, ХIасанов заманаялъ ватIа гьавун вукIана гьеб хъулухъалдаса.

   ЦIех-рехчагIазул щаклъи буго ХIебда бугеб ракь (1300 кв.м.) гьес жиндие тIокI гьабун букIиналда.

   «Молодёжь Дагестана» газеталъухъе щварал баяназда рекъон, гьеб рагIула М. ХIасанов районалъул бетIерлъун ккезегIан лъабго соналъ цебего букIараб хIужа. Гьединлъидал цIех-рех гьабулез судалда бихьизабун гьечIо гьабсагIаталда хъулухъалда вукIаго ХIасановас гьеб цIех-рехалъе квалквал гьабизе букIиналъе рес кьолеб цониги далил.