Импорталъул бакIалда

 

 

   КъватIисел улкабаз Россиялъе лъазарурал санкциязул хIасилалда дагьлъулеб буго нилъехъе бачIунеб къайи. Гьединлъидал нилъерго гьа- ниб гьабун бажарулеб къайи хIадуризе ургъулел руго цо-цо махщелчагIи.

   Гьеб мурадалъ батила, гьал къоязда республикаялъул хьитазул устарзабазул ассоциациялъул вакилзабигун дандчIвана ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халилов. Масала, тумазул устарзабаз гьарулел хьитал бищун церетIурал италиялъулаздасаги къурал рукIунаро.

  Гьединго министрас устарза­ базда бицана, гьабсагIаталда ул­ каялда лъугьараб ахIвал-хIалги хIисабалде босун, гьезул проектазе гIарац биччазе бугин промышленность цебетIезабизелъун гIуцIараб фондалъ.