«Нижги хIадур руго ватIан цIунизе»

 

    Свердловск областалъул Алапаевск шагьаралъул мэр ккола ГIахьвахъ районалъул ЦIолода росулъа Сайгид Билалов. Щуабилеб марталда гьесги гьесул кIиявго васасги хитIаб гьабуна рехсараб шагьаралъул рагъулаб комиссариаталде.

      «Украинаялда хасаб операция тIобитIулеб бугеб заманалда дун, Билалов Сайгид Лабазанович, ва дир васал – Билалов Евгений Сайгидович ва Билалов Шамил Сайгидович – хIадур руго вацлъиялъулаб халкъалъул эркенлъиялъе гIоло ДНРалъулги ЛНРалъулги ракьазда тIобитIулеб бугеб хасаб операциялда гIахьаллъизе. Жакъа щун буго щивас, рагIудалъун гуреб – чIванкъотIараб ишалдалъун – гражданияб ва патриотияб борч тIубазе кколеб заман. Нилъер улка хIажатаблъун ккана гIурус халкъалъул геноцидги 2014 соналдаго неонацистаз Украинаялда бекьараб питнаги къотIизабизе.

   Дица ва дир васаз кIудияб борчлъунги, къадрулъунги ва яхI-намус цIунилъунги рикIкIуна ватIаналъе хъулухъ гьаби.

 

     1986-1988 соназда дица рагъулаб хъулухъ гьабуна рагъулабгун ралъдал флоталда. Дир кIудияв вас Евгений Билаловас 2009-2010 соназда хъулухъ гьабуна десантниказул 247-абилеб полкалда, гьоркьохъев вас Шамил Сайгидовичас тIубана 18 сон ва гьев ккола техникумалда цIалулев вугев призывник. Жакъа ниж хIадурал руго Россиялъулги халкъалъулги мурадал цIуниялъе гIоло аскариязул мухъилъ эхетизе ва гражданиябгун патриотияб борч ракIбацIцIадго тIубазе. Нижеца рагIи кьола тIадкъарал рагъулал масъалаби ракIбацIцIадго тIуразе», — ян хъван буго Билаловазул хитIабалда.

   Информалатазул вакилзабазда гьадин бицана С. Билаловас: «КIиабилеб марталда дун тIад вуссана отпускалдаса. Васазда дандбана гьеб суал ва хIукму гьабуна. Дун вуго патриот, шагьаралъул бетIер, дун вукIине ккола тIолалго шагьаралъулазе мисаллъун. Дир пикруялда рекъон, гьадинаб ахIвал-хIалалда гIадамал къватIире рахъине ккола, цогидаз рачIаян ахIизегIан чIечIого, ай жидеего бокьун, зулму гьабичIого ва сундуе гIоло кинабго байбихьун бугебалиги бичIчIун. Дица хъулухъ гьабуна ВМФалда, кIудияв вас вукIана спецназалда, гьитIинас бана 18 сон ва гьесиеги цIакъ бокьун буго армиялде ине. БатIи-батIиял гIиллаби ратун, рагъулаб хъулухъалдаса инкар гьаби хасиятаб гьечIо нижер хъизамалъе. Дица гIарза военкомасухъе кьуна ва жавабалъухъ балагьун руго», — ан.

   Гьал къоязда С. Билаловас социалиял гьиназдасан бихьизабуна Алапаевскалъул военкоматалдаса 11 марталда бачIараб жавабги. Рагъулав комиссар Руслан Петруковичас гъулбасараб жавабалда гьадин хъвалеб буго: «ДНРалъулги ЛНРалъулги ракьазда унеб бугеб хасаб операциялда гIахьаллъизе ритIеян абун, Алапаевск шагьаралъулги Свердловск областалъул Алапаевск районалъулги рагъулаб комиссариаталде дуца гьабураб хитIабалъул хал гьабуна. БичIчIула ва къимат гьабула гражданиябгун патриотияб борч тIубазабизе нужер бугеб гъираялъул; ракIчIараб буго церелъурал масъалаби нужеца къадруялда ва ракIбацIцIадго тIуразаризе рукIиналда.

   Нагагьлъун хасаб операциялда гIахьаллъизе гIадамал ахIеян абураб буюрухъ рагъулаб комиссариаталде бачIани, духъеги дур васазухъеги баян битIила», — ян.

  Билаловас бичIчIизабулеб буго рихьдае гьабураб хитIаб жиндир гуреблъи. «Дун гьитIинго куцана ватIан бокьизе, гьелде ккараб къо борхизе кколеблъи бессизабун буго нижер бидулъ. Жакъа, хасаб операция тIобитIиялда бан, Россиялде рещтIараб балагьалде тIаде чIехьолеб буго информациялъулал «кьалул гумпарабиги». Гьелде данде къеркьезеги къуват гIезе ккола нилъер», — ан хъвалеб буго Сайгидица.