СКФОялда хIинкъи гьечIолъи чIезаби  

 

     ДРялъул нухмалъулев Сергей Меликов гIахьаллъана Северияб Кавказалда хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул рахъалъ гьал къоязда Грозный шагьаралда тIобитIараб кIудияб данделъиялда.

    Гьедин хъвалеб буго республикаялъул бетIерасул официалияб сайталда.

     ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул рахъалъ РФялъул Советалъул секретарь Николай Патрушевасул нухмалъиялда гъоркь араб гьеб данделъиялда рукIана Оборонаялъул, Сахлъи цIуниялъул министерствабазул, МВДялъул, МЧСалъул, Генералияб прокуратураялъул, регионазул ва жеги анцI-анцI батIиял идарабазул нухмалъулел.

    Гьез гьоркьор лъурал суалал рукIана динияб экстремизмалда, терроризмалда, гьабсагIаталда Украинаялда тIобитIулеб бугеб хасаб операциялда хурхарал.

     Бицен гьабуна нагагьлъун бомбаби рехун яги радиациялъул зарал цIикIкIани, халкъ бахчизабизелъун хIадурарал бакIазулги.

СКФОялда бугеб гьединаб 2 400 бакIалъул 36 процент хIадур гьабун рагIула гьабсагIат гьединаб хIажалъи ккани.