Бокьаниги бокьичIониги…

 

    Россиялъул аскарияз Украинаялда хасаб операция тIобитIизе байбихьидал, дунялалъул гIемерисел улкабаз санкциял лъазариялда бан улкаялъул экономикаялда кIудиял хиса-басиял кколел руго. Къокъабго заманалда жаниб учузлъана гъурщил къимат, бахана доллар ва гьелдаго цадахъ хиралъана гIемерисеб къайи-цIаги кванил нигIматалги. Гьеб рахъалъ щибго хIинкъизе ккараб хIал гьечIин ва кинабго жидер бербалагьиялда гъоркь бугин улкаялъул нухмалъиялъ лъазабуниги, метерисеб къо кинаб бачIинебали лъаларин абураб хIинкъиялъ гIадамал хIажаталлъун кколел руго, къваригIун бугониги гьечIониги, щвараб жо босизе, нахърател гьабизе. Гьединал ишаз базаразда лъугьинарулел руго хIалкъаял, къанагIалъулеб буго къайи-цIа.

    РФялъул базаразул экономикаялъул централъул аналитик Ирина Светловалъул рагIабазда рекъон, хIукуматалъ кинабго гьабулеб буго инсанасе чарагьечIого хIажалъулел нигIматазул багьабазда хадуб халкквеялъе ва гьел хиралъичIого рукIиналъе. Амма къватIиса бачIунеб продукция хиралъичIого рес гьечIо, гьезул къадар тIадеялдаса тIаде къанагIалъулеб букIиналда бан. ХIатта цо-цо даранчагIаз хIаракат бахъулеб буго складаздагун нахъарукъзабахъ бегун бугеб къайи бахчизе, ай заманалдасан хираги гьабун бичизе букIинелъун. Гьединал даранчагIазул хIиллаяб «кумекалдалъунги» рахунел руго багьаби.

    Жакъа базаразда ва чIахIиял тукабахъ хиралъичIеб жо къанагIатги гьечIо. Хасго хиралъун буго ретIел-хьит, автомобилал, электроника, гьайгьай, кванил нигIматалги. Амма гьел санкциял лъазаруниги, къватIиса бачIунеб къайи-цIа Россиялъул базаразде ккечIого хутIулареблъи хIакъаб буго. Гьел нилъехъе рачIине руго цогидал улкаби гьоркьор ккун, масала, Узбекистаналдасан. Амма хIакъаб жо, гьеб киналъулго багьаби цере гIадал рукIине гьечIеблъи.

   Щибха гьабизе кколеб? Аллагьасде мугъчIвайги гьабун, нилъ хIадурго рукIине ккола бакътIерхьул улкабаз лъазарурал гьел санкциязда дандечIезе ва лъугьун бугеб хIал къабул гьабизе.