Гастарбайтеразухъа ришватги босун

 

   Россиялъул ЦIех-рехалъул комитеталъул ДРялда бугеб управлениялъ судалде битIана миграциялъул управлениялъул (ДРялъул МВД) хIалтIухъанасда хурхун гIуцIараб уголовнияб дело.

   ЦIех-рехчагIаз рикIкIунеб буго бихьизабураб заман ун хадубги жалго Дагъистаналда хIалтIизе таралъухъ Азербайжаналдасаги Вьетнамалдасаги гIадамаз гьесие кьун бугин 900 000 гъурщил къадаралда ришват.