Дагъистаналъул цIияв премьер.Лъалев-лъаларев ГIабдулмуслим

 

      Баян:

       Гьавуна 1960 соналда Казбек районалъул Гертма росулъ.

      1983 соналда лъугIизабуна К. Тимирязевасул цIаралда бугеб Москваялъул росдал магIишаталъул академия. 1990 соналда вахъана росдал магIишаталъул гIелмабазул кандидатлъун.

       2001 соналда лъугIизабуна Москваялъул юридикияб университет.

        ХIалтIана ДРялда букIараб РФялъул налогазул полициялда, 2003-2014 соназда — МВДялда.

        2014-2016 соназда ГIабдулмуслимовас нухмалъи гьабуна МахIачхъалаялъул администрациялда цебе гIуцIараб Управлениялъе.

       2016 соналда тIамуна МугIрузулаб округалда ДРялъул БетIерасул официалияв вакиллъун.

       2018 соналда — росдал магIишаталъулгун продовольствиялъул министр.

 

    22 февралалда ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатаз разилъиги кьун, хIукуматалъул председательлъун вищана ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов.

    Гьеб ккола парламенталда цебе республикаялъул бетIер Сергей Меликовас лъураб кандидатура.

      ГьанжелъагIан гьеб хъулухъалда вукIарав ГIабдулпатахI ГIамирханов казначействоялде нухмалъулевлъун унев вукIиналъул бицен буго республикаялда, амма гьабсагIаталда гьелъул официалияб сайталда нухмалъулевлъун Исрапил ТIинамухIамадов вуго вихьизавун.

     БукIаниги, Сергей Меликовас жиндирго Instagramалда хъвалеб буго Россиялъул Финансазул министерствоялъ Федералияб казначействоялъул ДРялда бугеб управлениялъул нухмалъиялде ГIабдулпатахI ГIамирханов тIамизе вукIиналъул рахъкколин жинцайиланги.

    Депутатаз ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов вищилалде цебе парламенталъул спикер Заур Аскандаровас бицана росдал магIишаталъул министрлъун вугеб мехалда гьесул хIаракаталдалъун щварал лъикIал хIасилазул.

    Хадубккун республикаялъул хIукуматалъ кIвар кьезе ругел рахъазул бицунаго, ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас рехсана гьадинал мурадал: гIадамазул сахлъигун рукIа-рахъин лъикIлъизаби, гьезул гьунарал загьирлъиялъе ресал гIуцIи, гIумруялъе хIинкъи гьечIолъиги санагIалъабиги чIезари, даран-базаралъе шартIал гIуцIи, цифровияб трансформациялъе квербакъи гьаби.

 

   Нижеда ракIалде ккана ГI. ГIабдулмуслимовасул хIакъалъулъ батIи-батIияб заманалда гьесда цадахъ хIалтIарал гIадамазда цIех- рех гьабизе.

 

Расул ХIайбулаев, журналист:

    — ГIабдулмуслимов росдал магIишаталъулгун продовольствиялъул министрлъун хIалтIулеб мехалда дун вукIана гьенив ишазул управлениялъул отделалъул нухмалъулевлъун. Доб мехалда киназулго кIалдиб букIараб ришватазегун откатазул харбие ахир лъуна гьес, министрлъун ккедал.

    «Дагсельхозстрой» гIуцIиялъ росабалъ чанго соназ ран рахъинчIого нухда хутIарал, яги байги бихьун, хадуб квер хьвагIун тарал объектазул хал гьабулеб букIана цо нухалда ГIабдулмуслимовас. БачIинахъего гьес гьениб нухмалъиги хисана, МухIамад Юсуповги тIамун. Цинги тIоцебесеб соналъго щуго школа бан лъугIизабуна батIи-батIиял росабалъ, хъутабазда. Гьанже заманалъул тIалабазда рекъон, кIудикIудиял спортзалалги, компьютеразул залалги, станокалги жанир лъурал трудалъул дарсазе хIажатал, церетIурал классалги жанир ругел гьел школал цивилизациялъул борхалъилъун рихьулел рукIана доб заманалда гьел хъутабазда. Амма ран кьуниги, гьел хIалтIизаризе риччаларого, цоги захIмалъиги дандчIвана гьезда. Доб мехалда республикаялъул нухмалъиялда рукIарал гIадамаз гьелъие цо кIудияб къасд бихьизабичIо. ГIицIго Меликов вачIиндал гурони гьеб рахъалъ багъа-башари лъугьинчIо.

    ГIабдулмуслим министрлъун тIамидал, республикаялда цо миллиардгIан гъурущ мелиорациялъеги биччана. Гьесде щвезегIан гьебгощинаб гIарац кьолароан гьеб отраслялъе. Гьелдалъун кIудияб кумек щвана пиринчI, ччугIа гIезабулел, гIи-боцIи хьихьулел гIадамазе.

    Дие абизе бокьараб жо – цо иш цебехун бачине ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовасул бажари букIин бихьизаби. Дол школал ран лъугIизегIан, ретIун резинадул чакмабигун, рагъаричIого хъутабазда чIун рукIана цин МухIамад Юсупов, цинги росдал магIишаталъул министрасул заместитель.

    ТIадегIанал хъулухъазда рукIаниги, ккараб бакIалда чиясда бадибе рагIиги абула ГIабдулмуслимица. Жидер ракьалъе зарал кколеб бугилан цо росдал гIадамал дандечIун рукIана республикаялъул нухмалъиялъ балеб цо кIудияб объекталда. РакIалда гьечIо гьанже киб гьеб букIарабали. Гьелда тIасан хIукуматалда тIобитIулеб букIараб данделъиялда цо хIакимчи вахъана чIухIа-чIухIарал жал рицине, гьел гIадамал чIезаризе Росгвардияги спецназги битIилин гьенибеян. Гьеб мехалда гьесие цIакъ лъикIаб жаваб кьуна ГIабдулмуслимица. Дуда рагъ-кьалги, гIадамазул къварилъиги щиб жоялигIаги лъалебищин, гьанир милицабиги, рухIиял церехъабиги политикалги, цогидалги чIвалеб мехалда мун республика тун къватIив вукIанин, гьанже кинабго гIодоцараб мехалда гьаниве тIадги вуссун, нижее гIакъалаби кьезе лъугьунев вугилан, чIезавуна ГIабдулмуслимица гьев.

    Къокъабго заманалда росдал магIишаталъул хIалтIухъабазул байрамги гIуцIун букIана ГIабдулмуслимил квербакъиялдалъун. МахIачхъалаялда, Гьудуллъиялъул Минаялъуб, тIобитIулеб гьелде вачIарав хIукуматалъул председатель Артём Здунов виххун хутIун вукIана. Культураялъул министрлъунгицин тезе бегьизехъин вугила мун, духъа бокьараб министерствоялъе нухмалъи гьабизе бажаризе бугилан махсараги гьабун букIана гьесие Здуновас.

    Цо нухалда ГIабдулмуслимгун цадахъ МухIу ГIалиевасухъе щун рукIана ниж. Гьеб мехалда хабар ккун букIана гьесул инсул хIакъалъулъ. Казбек районалъул исполкомалъул нухмалъулев вукIанин ккола гьев советияб заманалда. Бажари бугев нухмалъулев хIисабалда рехсолев вукIана гьев МухIу ГIалиевас.

    Гьелде тIадеги ГIабдулмуслимие кутакалда рокьула магIарул шагIирзабазул, хъвадарухъабазул асарал, рекIехъе лъала халкъиял кучIдул, фольклор.

    Бихьуларищха, полковниклъун закон цIуниялъул хъулухъалдаса нахъе ун хадув, чорокал къокъабазда гъорлъеги ккечIого, тухумчилъиялдаса рикIкIадги чIун, къокъабго заманалда жаниб ГI. ГIабдулмуслимовасда кIвана республикаялъул премьер-министрлъун вахъине. Унго-унголъунги пачалихъалъул ургъел бугев чи ккола гьев.

 

Зайнаб ГIалимирзаева, МахIачхъалаялъул мэрасул пресс-секретарь:

    — ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов жамгIияб хIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул рахъалъ МахIачхъалаялъул администрациялда цебе гIуцIараб управлениялъул нухмалъулевлъунги хIалтIана.

    Пресс-хъулухъалъул вакил хIисабалда дун гьесда цадахъ гIезегIан бакIазде ине кколаан. Гьеб мехалда бихьулаан ГIабдулмуслим сундаго хадув гъурав, управлениялда вугевщинав чиясда тIадаб иш рагIа-ракьанде щун лъалев, хIалтIи цебе бачунев чи вугеблъи.

    МахIачхъалаялда хурхун социалиял гьиназдасан бугониги, жалго рачIун, яги кIалъан гIадамаз жидецаго бицунниги лъараб-тараб цониги хIужа гьес кIвар кьечIого толароан.

     Гьелдаго цадахъ махсара-хочIги лъалев, Тимирязевасул академияги лъугIарав, гIисинал-чIахIиялгун кIалъазеги лъалев, гIадатияв гIаданги вичIчIулев чи вуго ГIабдулмуслим. Ккараб бакIалда согIго кIалъазеги лъала гьесда.

    ГIезегIан кепал лъугьа-бахъиналги ккана нижергун гьесул. Цогидазе махсара гьабулаго, живго жиндагоги велъула гьев.

     2016 соналда гьанисан ДРялъул ХIинкъи гьечIолъи чIезабиялъул советалъул секретарьлъун ана. Аниги щибха, гьанжеги зама-заманалдасан ракIалде щола нижеда ГIабдулмуслимов.

     Хадурккунги цIи-цIиял бергьенлъаби гьарула гьесие.

 

Зульфия ХIажиева