ГIадамал унтизаруралъухъ – гIакIа

 

 

  «Буйнакскводоканал» МУПалъул нухмалъулесул ишал тIуразарулев ГIабдулвагьаб Шариповасда тIад нусазарго гъурщил гIакIа къотIана Буйнакск шагьаралъул судалъ.

Гъоркьиса январалда гьекъолеб лъеда гъорлъе ккараб чороклъиялда­лъун чохьол унтиги бахъун, шагьаралъул больницаялде ккун вукIана 162 чи. Гьелъие гIайибиявлъун чIезавуна ГI. Шарипов.