Газ бачине-900 млн гъурущ  

 

ДРялъул бетIерасул официалияб сайталда хъвавухъе, 25 январалда Сергей Меликовас тIобитIараб данделъиялда бицана республикаялъул шагьараздеги росабалъеги газ бачиналъулги энергетикаялъулгун ЖКХялъул предприятиял церетIезариялъул

Газ бачиналъул иш хехлъизабиялъул хIакъалъулъ хабар ккун букIана дагьалъ цебегIан гьабураб Россиялъул президент Владимир Путинилгун журналистазул пресс-конференциялда. Гьединго гьал къоязда регионазул бутIрузулгун, газалъул компаниязул нухмалъулезулгун букIараб дандчIваялда улкаялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Александр Новакицаги гьоркьоб лъун букIана гьебго суал. Гьелда гIахьаллъана Сергей Меликовги.

Амма цебеккун хIисабалде босараб къагIидаялда газ бачун бахъиналъе гIезегIан квалквалал кколел руго газалъул рогIрал басралъун рукIиналъ, батIи-батIиял объектазул бетIергьанлъи чIезабиялъул иш хадуб бехъерхъиялъ. Гьелъ нахъе ккезабулеб буго рукIа-рахъиналъул магIишаталъул идарабиги.

Республикаялъул энергетикаялъулгун ЖКХялъул министрасул ишал тIуралев Ризван Мурадовас бицухъе, хасаб план-графикалда хIисабалде босун буго исана газ 2046 минаялъубе бачине. Гьеб бачеян гIадамаз гIарзаби кьолел руго МФЦялдеги бакIалъулал администрацияздеги. Масала, 25 январалде кьун буго 1279 гIарза.

«Газпром газораспределение Да­гестан» ОООялъул исполнительнияв директор Олег Чиглинцевасул рагIабазда рекъон, нилъер регионалда газ бачинелъун гIуцIараб программаялъе биччан буго 900 миллионалде гIагарун гъу­рущ.

Жиде-жидер минабахъе, участоказде газ бачунаго гIадамаз харж гьабулеб гIарац кин дагьлъизабилебалиги, гьеб рахъалъ пачалихъалъул кумек кинаб букIине бегьулебалиги дандбана гьениб.