Бухараялде роржине руго щибаб анкьалъ  

 

  МахIачхъалаялъул аэропорталдаса гьанже роржине бегьула Бухараялдеги. 20 январалдаса байбихьун гьенире рорженал гьаризе руго Red Wings авиакомпаниялъ. Узбекистаналъул некIсияб шагьар Бухараялде самолетал роржине рукIин гIемерав чиясе рекIее гIун батилин ккола. Анкьида жаниб цо нухалъ гьенибе сапар гьабизе рес буго гьанже бокьарав чиясул.

  МахIачхъалаялдаса Бухараялде самолет боржине буго сагIат щуго тIубазе анцIго минут хутIидал. Нухда базе буго кIиго сагIатгун 25 минут. Нахъруссун МахIачхъалаялде Бухараялдаса роржине руго къаси сагIат анцIила цоялде бащдаб хIалтIидал.

 Гъоркьиса хаслихъе цIияб терминал рагьана МахIачхъалаялъул аэропорталда. Гьелъ рес кьуна халкъазда гьоркьосел цIиял авиарейсал гьаризе.