Багьа учуз гьабеян кIалъана министр

 

    Республикаялъул энергетикаялъулгун ЖКХялъул министрасул ишал тIуралев Ризван Мура­довас хитIаб гьабуна АЗСалъул хважаинзабазде, цIатариялъухъ босулеб багьа хира гьабугейин абун.

  — Бензиналъухъ ва газалъухъ босулеб багьа­ялда бараб буго гIадамазе хIажатал цогидал нигIматазухъ кьолеб багьаги.

   ЦIатариялъул багьаялда сверухъ букIараб хIалуцараб гIуж нахъа тана. Гьелъул оптовияб багьаги гIезегIан гIодобе ккана. Гьединлъидал гьанжегIаги бегьуларищ нилъеца багьа дагьаб рекъараб къагIидаялде бачIинабизе, — ян хъва­леб буго гьес жиндирго хитIабалда.