Энергетика: хасалиде 95 проценталъ хIадур руго

 

  Ахирал соназда хисулел ру­кIа­раздаса 20 нухалъ цIикIкIун токалъул хIубал хисун руго исана республикаялда (7 120 хIуби), лъабго нухалда цIикIкIун рачун руго токалъул кваралги (146, 8 тонна). Анлъго нухалъ цIикIкIун трансформаторалги къачIан руго (887 подстанция).

  Гьедин бицана журналистазе «Дагъистан» РИАялъул редакциялда гьелгун дандчIварав «Россети Северный Кавказ» – «Дагэнерго» ПАОялъул Управлениялъул начальник Къурбан ГIумаровас.

 Гьедин хасалиде хIадурлъиялъул рахъалъ хIалтIи жидер компаниялъ 95 проценталъ тIубазабунин бицана гьес. Гьебги гьабунила пандемиялъул заманалда чIезарурал гьукъа-къаязухъги балагьичIого. Ху­тIараб щуго проценталъ хIалтIи нух­да хутIун буго, къайиги босун къватIисахун рачIунел чагIи ква­тIиялъ. Гьанже тIаде щун рагIула гьеб къайи.

 Ток сванилан гIадамазул аслияб ахIи-хIур МахIачхъалаялдасан букIунелъул, ГIумаровасе кьолел суалалги тахшагьаралда хур­харал рукIана. Гьес бицана Ма­хIачхъалаялда капиталияб куцалда къачIанила 37 подстанция, хисанила 10 трансформатор.

  Гьел киналго хIалтIаби гьаризе Дагъистаналъул энергетиказе кумекалъе ахIун букIун буго «Россети Северный Кавказ» компаниялъул 25 бригадаги.

  Гьединго транспорт хьвадизе санагIалъи гьечIел бакIазде жидер къайи босизе кIудияб кумек магIарухъ ругел гIадамаздасаги щва­нин бицана Къурбан ГIу­ма­ровас. Гьал къоязда интернеталда бугоан ЦIумада районалъул цо росулъе гIадамаз жидецаго баччун унеб трансформатор.

  Хасел тIаде щванщинахъе ма­гIарухъ ток щай дагьлъулеб, яги свинабулеб, гьалгощинал ГЭСалги рукIагоян, «ХIакъикъаталъул» рахъалдасан кьураб суалалъе ГIу­маровас жаваб кьуна гьедин бицинегIан гIемер свинабуларила доба ток. Свинабуниги, басралъараб техникаги кваралги хи­сизегIан ссунеб батилила гьеб. Гьединго, напряжение дагьлъиялъе гIиллалъунги гьес рикIкIунеб буго гьанже гIадамаз электроприбораздаса цIикIкIун пайда босулеб букIин.