Советалъ кIвар буссинабуна

 

 

  Дагьал церегIан къоязда ДРялъул Печаталъулгун информациялъул министерствоялда тIобитIана ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб ЖамгIият цебетIезабиялъул ва инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ советалъул данделъи. ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул министерствоялъул, УФСИНалъул, профсоюзазул, Гъизилюрт шагьаралъул ва районалъул администрациязул хIалтIухъаби гIахьаллъараб гьеб данделъиялда цебе босун букIана кIиго суал.

  ТIоцебесеб, жанир тIамун ругел бакIаздаса (туснахъ, колония) эркен гьарурал гIадамазда ракълилаб гIумруялда бакI батизе квербакъи гьабиялъул рахъалъ Гъизилюрт шагьаралда ва районалда гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ. Ва кIиабилеб, рехсараб совет гIуцIаралдаса 20 сон тIубай кIодо гьабиялда хурхун гьабулеб хIалтIул хIакъалъулъ бицин.

Данделъи рагьана Советалъул нухмалъулев Зикрула Ильясовас. Гьес бицана гьанжелъизегIан Гъизилюрталда букIанин лъабго гьединаб учреждение-колония: руччабазул, бихьиназул ва санаде рахинчIел лъималазул колониял. (Гьанже хIукму гьабун буго санаде рахинчIезул колония къазе). Гьеб масъалаялъулгун лъай-хъвай гьабурав Советалъул нухмалъулесул заместитель ГIумар ГIумаровас баян гьабуна лъугьун бугеб ахIвал-хIал, бицана цIакъго кIвар бугеб гьеб ишалъулъ гьабулеб хIалтIи букIине кколеб даражаялде щун гьечIолъиялъул. Шагьаралъул ва районалъул администрациязул, гIадамазе хIалтIи чIезабиялъе квербакъулел идарабазул (ЦЗН) хIалтIухъабаз бицана дандчIвалел захIмалъабазул, туснахъаздаса эркен гьарурал гIадамазе хIалтIизе бакIал щолел гьечIолъиялъул ва гьез дагьаб харж бугеб хIалтIуде лъугьине инкар гьабулеб букIиналъул хIакъалъулъ. Бицана гьеб масъала тIубазабиялъе гьабулеб бугеб хIалтIулги. КIиабилеб суалалда хурхун З. Ильясовас Советалъул членал ахIана юбилеялда бан рукIине ругел тадбиразулъ, гьелъие материалал хIадуриялъулъ жигараб гIахьаллъи гьабизе.

ГI. ГIабашилов