Премьер-министрасулгун редакторасул дандчIвай

 

 

Дагьал церегIан къоязда ДРялъул хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановгун данд­чIвана «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумаханов.

Гьезул хабар ккана магIарул басмаялда тIасан – миллияб газеталъ кIвар кьезе бегьулел суалазда, гьелда церечIарал масъалабазда, гьединго тIадеялъул букIинесеб газеталъул юбилеялда (105 сон) хурхун.

— Дие цIакъ асар гьабуна гьеб дандчIваялъ. Жеги тIубан хIукуматги гIуцIун бахъинчIеб, ратанщинал масъалабиги тIуразе кколеб гьаб заманалда хIукуматалъул председатель ГIабдулпатахI ГIамирхановас дун къабул гьави ккола миллияб басмаялдехун гьесул бугеб адабги бичIчIиги. ГIицIго «ХIакъикъаталъе» гуребги, цогидал басмабазеги баракатаб гIаламат ккола гьеб. Гьелдалъун республикаялда журналистикаялдехун тIалъиялъул бербалагьи жеги лъикIлъилин абураб хьулги бижулеб буго, — ян бицана ГI. ГIумахановас.

Хадубго гьес тIаде жубана премьер-министр магIарул росабалъе унелъул, хIалтIул сапаразул хIакъалъулъ репортажал хъвазе цадахъ «ХIакъикъат» газеталъул информациялъул отделалъул вакилзабиги рачине хIукму кканин.

Зульфия ХIажиева