СагIадуев цIияб хъулухъалде тIамуна

 

   ДРялъул Динияб идара­ялда цIигьабуна рекъелгун маслихIат гьабиялъул отдел. Гьелъул нухмалъулевлъун тIамуна МахIачхъалаялъул аслияб мажгиталъул имам­лъун гIемерал соназ вукIарав М у х I а м а д р а с у л -х I а ж и СагIадуев.

    Щибаб къоялъ жидер­го къварилъи-гIатIилъигун гIемерав чи вачIуна Дини­яб идараялде. Хъизамал­да, гIагарлъиялда гьоркьоб ракIсукIи ккарал, гIарац са­баблъун ракIбакъвай щварал ва хIатта чIвай-хъвеялъул су­алазцин вачIунев чи камула­ро гьениве.

   Гьенирги гIемер ратула тIуразе цIакъго захIматалин ккарал суалал. Гье­динлъидал цIакъ хIажалъи буго жакъа ракълил ва маслихIаталъул ишазда хурхун хIалтIи гьабулеб отделалъул.

МухIамадрасул СагIадуевги малъун, жеги ункъо чи вуго гьеб отделалда. Кинабго хIалтIи цоцазда дандги бан, лъутIа-къотIун хIукму гьабизе буго маслихIаталъул отделалъ.