БахIарзал ракIалдещвезаруна

Калининаул росулъ Реццалъул аллеялда хIалтIулаб борч тIубалаго хварал МВДялъул хIалтIухъабазе «Борч, намус, бахIарчилъи» абураб ракIалдещвеялъулаб гIаламат лъеялъул тадбир тIобитIана.

«Жакъа нилъеца ракIалде щвезарулел руго бахIарчиго хварал. Нилъер росуцояз, вацаз гьарурал гьунарал бачIунеб гIелалъеги мисаллъун рукIине ккола. Районалъул нухмалъиялъги нужее хIажатаб кумек гьабизе буго», -ян абуна тадбир рагьулаго районалъул администрациялъул бетIерасул за­метитель Басир Нуцаловас.

Хъулухъалъулаб борч тIубазабулаго бахIарчиго хварал МВДялъул хIалтIухъабазул хъизамазе гIарцулаб кумек гьабуна райадминистрациялъ. Калининаул росдал администрациялъул рахъалдаса 16 хъизамалъеги щва­на гIарцулаб кумек.